Сириялъул ишазда сверун Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хасав вакил Лагьдар БрахIимица лъазабуна сириялъул нухмалъиялъул ва оппозициялъул рахъазда гьоркьоб унел кIалъа-басаязда гьитIинабго прогресс бихьулеб бугин.
Гьес гьединго кIвар буссинабуна конфликталъул рахъазда гьоркьоб рагIирекъонгутIиял хутIулел рукIиналде ва кьучIияб суалалда хурхун гьезул бербалагьиял данде кколел гьечIолъиялде. Аммайин абулеб буго гьес, компромиссазе хьулал хутIулел ругин.
БрахIимил рагIабазда кIалъа-басаял Женеваялда халат рахъине руго 10 февралалде щвезегIан.