"Дождь" телеканал къаялъе багьана гьечIин, риккунеб рагIула прокуратураялъ

«Дождь» телеканалалъул хIалтIуда экстремизмалъул ишараби рихьулел гьечIо прокуратураялда, гьединлъидал гьеб къаялъул хIинкъи гьечIин, лъазабун буго рузман къоялда «Интерфаксалъе» Россиялъул Генералияб прокуратураялда. Хал-шал халат бахъунеб буго. Гьебин абуни, гьарун букIана Петербургалъул парламенталъ. Гьелъие гIиллалъун бахъана, кьезе кколеб букIанищ Ленинград нацистазе, шагьаралъулазул гIумру хвасар гьабиялъул мурадалда, абураб суал лъураб гьикъа-бакъи.

«Яблоко» партиялъул бутIаялъ лъазабулеб буго суал букIинчIин данде кколебин, амма гьеб букIине кколарин репрессиявил галабазе гIиллалъунин, «Дождалда» сверун лъугьа-бахъунеб кколин рагIул эркенлъи хвезаби ва информалаталде тIадецуй гьабийин.

Президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялъул мажлисалъ тIалаб гьабуна кабелалъул оператораз «Дождь» телеканалалъул эфир къай къануазде данде кколеб букIиналъул хал-шал гьаби. Гьеб гIуцIиялъул сайталда хъвалеб буго, гьел оператораз жидедего тIаде цензураялъул функцияги босун, россиялъул Конституция хвезабулеб бугин.