Россиялда жиндирго къагIидаялда бихьулеб буго Украиналъул кризис

Россиялъул Федерациялъул мажлисалъ Украиналда лъугьа-бахъунеб рикIкIунеб буго гIемер халкъ гIахьаллъараб низам хвезабиялъул актлъун ва легитимияб нухмалъиялъул дескридитация ва тIаса рехиялъе гIуцIараб кампаниялъун.

Украиналда бугеб ахIвал-хIалалда бан къабул гьабураб лъазабиялда россиялъул парламенталъул тIасияб палатаялъул гIахьалчагIаз магърибалъул политиказда гIайиб чIвалеб буго украиналъул жанисел ишазде гъорлъе лъугьунел ругин ва ургъунго улкаялда ахIвал-хIалалъул дестабилизация гьабулеб бугинги абун.