Украиналъул парламенталъ хисизаруна ахирисел къанунал

16 январалда къабул гьабун букIараб гражданиял эркенлъабазе гIорхъаби чIезарулеб 12 къануналда гъорлъан 9 хисана украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ. Гьеб хисиялъе гьаракь кьуна 361 депутатас. Гьаркьал кьеялда гIахьаллъичIо коммунистазул фракция.

Улкаялда политикияб кризис рукIалиде бачиналъул мурадгун рагьараб парламенталъул иргадулаб гуреб данделъи байбихьана хварав щуго демонстрантасул рухIалдаса сихI къотIиялъул церемониялдаса.

Талат къоялда жиндирго хъулухъалдаса нахъе лъугьана премьер-министр Николай Азаров. Гьеб гали баян гьабулаго, гьес лъазабуна гьеб хурхараб бугин политикиял компромиссазе тIадеги ресал рагьиялда ва украиналъул цолъи цIуниялдайин.

Азаровасул хIукумат бихизаби тIалаб гьабулеб букIана оппозициялъул рахъ ккураз.