Пакистаналъул Шималияб Вазиристаналдаса лъутулев вуго аза-азар чи, гьениб изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде рагъулаб операция байбихьилалде цебе. France-Presse агентлъиялъ лъазабулеб буго гьанжеялде 13 азарго чияс жидерго рукъзал тун ругин. Пакистаналъул нухмалъиялъул баяназда рекъон, Банну шагьаралде вачIун вуго микьазарго чи. Араб анкьалда пакистаналъул армиялъ авиякьабиял щвезарун рукIана Шималияб Вазиристаналда. Гьеб букIана хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватазде данде гьарурал ахирисел гьужумазе жаваблъун.