Украиналъул оппозициялъ нахъчlвана президентасул церелъеял

Украиналъул Запорожье шагьаралда Евромайданалъул активистаз гьатIан къоялда хIалбихьулеб букIана гьеб мухъалъул администрациялъул минаялъе гьужум гьабизе. «Украинская правда»-ялъул баяназда рекъон, гьеб минаялда цеве вакIарун вукIана анлъазаргогIанасев чи. Гьеб цIунун буго 500 милицияс. Гьединго лъазабулеб буго гьужумалъул заманаялда щуго чи лъукъун вугинги.
Араб сордоялъ Майданалъул азаралда щунусгогIан активистас кверде босун буго «Украиналъул рукъ» абун лъалеб экспозициял гьарулеб центр. Гьеб буго Грушевского къотIнор баррикадаби ругеб бакIалдаса чанго нусго метралъул рикIкIалъуда.
Гьебго заманаялда оппозициялъул лидераз нахъчIвана Украиналъул президент Виктор Януковичас гьезие гьарун рукIарал церелъеял. Оппозициягун рукIарал кIалъа-ралъаязда шамат къоялда Януковичас лъазабун букIана «Батькивщина» партиялъул лидеразул цояв Арсений Яценюк премьер-министрлъун ва УДАР партиялъул лидер Виталий Кличко гуманитариял суалазул рахъалъ вице-премьерлъун тезе разияв вугин живан.