Америкаялъул олимпийцазе малъа-хъаял

Информалатазул баяназда рекъон, Америкаялъул пачалихъияб департаменталъ жидерго Олимпиадаялъул тIаса бищараб командаялъул гIахьалчагIазда лъазабун буго Сочиялда спорталъул объектал бахун унаго жидер командаялъул ретIел ретIунгейин. The Wall Street Journal газетаялъул баяназда рекъон, гьединаб меморандум тIибитIизабун буго пачалихъияб департаменталъ Сочиялде Олимпиадаялде унел спортсменазда гьоркьоб. Гьелъул мурад-гьенир рукIине рес бугел терактаздаса цIуна-къай гьаби.
Газеталъул баяназда рекъон, фристайлалъул рахъалъ америкалъул тIаса бищараб командаялдаса Грег Бретцицаги абун буго спотсменазе гьединаб малъа-хъай Америкалъул Миллияб олимпиадаялъул комитеталъги гьабун букIанин.
Командаялъул ретIел букъун буго Америкаялъул байрахъалда ругел багIараб, хъахIаб ва хъахIилаб кьерал хIалтIизарун.