Киевалда дандечIей халат бахъунеб буго

Киев

Киевалъул азарханаялда хвана Грушевского къотIнов тунка-гIусиязда лъукъун вукIарав цоги цо чи. Гьелда цебе нухмалъиялъ лъазабулеб букIана хварав кIиго чиясул, оппозициялъ абуни лъазабулеб буго щуго чи хванин.
Киев бакьулъ унеб автомайданалъул гIахьалчагIаз лъазабулеб буго жидеца 10 азарго доллар кьезе бугин гьеб акциялъул лидер Дмитрий Булатов ватизе квербакъараб информациялъухъин. Гьев вилун вуго 23 январалда «Беркут» абулеб милициялъул хасаб къукъа автоколоннаялде тIадекIанцIараб мехалда. Гьеб мехалда гIемерал акциячагIи рачун ун руго ва гьел кир ругелали жеги лъалеб гьечIо.
Гьедин хъвалеб буго твиттералда активистаз.
Шамат къоялда Киевалда Генералияб прокуратураялъул минаялде цебе пикет гIуцIун букIана 500 чияс. Грушевского къотIнобги халат бахъунеб букIана акциячагIазул ва низам цIунулезул дандечIей.
Украиналъул оппозициялъ кIвар буссинабулеб буго акциячагIазул тIалабал хисун ругеб куцалде.
«МоцI цебе Майдан бикьа-биххизе букIана жанисел ишазул министр Захарченко хъулухъалдаса вахъун вукIаравани. КIиго анкь цебе гIадамал гIодоцине рукIана хIукумат хIалхьиялде ун букIарабани. Жакъа халкъалъ тIалаб гьабулеб буго президент Виктор Янукович хъулухъалдаса ин»,-гьедин лъазабуна рузман къоялда «УДАР» партиялъул лидер Виталий Кличкоца.