Азербайджаналдаса гочизе ккарал дагъистаниял, Храх-уба ва Урьян-уба абурал росабалъа лезгияз лъазабулеб буго пачалихъалъ жал гочизе биччараб гIарцуда хурхун мекълъаби гьаризе рес бугин, жидеда лъицаниги программа гIурмуялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ лъицаниги бицунеб гьечIин.
Азербайджаналъул Хачмас мухъалда гIумру гьабун рукIарал Храх-уба ва Урьян-уба абурал росабалъа гIадамал Дагъистаналде гочиналъе пачалихъалъ биччалеб буго 987 млн. гъуруш гIарац. Гочулеб буго кинабниги 137 хъизан. Гьезие пачалихъалъ бихьизабун буго МахIарамкент мухъалда ракьул бутIа. Амма гьеб гIарац жеги биччан гьечIо ва гьелда сверухъ информация цо-цо идарабаз балъго гьабулеб бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьел росабазул вакилзабаз. Росдал жамагIаталъул данделъиялъул нухмалъулев Бахтияр Мамедовасул рагIабазда рекъон, программаялда хурхун кинабго информация балагьизе цIакъ захIмат буго.
Бахтияр Мамедов: «ГьабсагIаталда буго цIакъ информация хIажатаб ахIвал-хIал. Инсанасе кислород гIадин къваригIун буго нижее гьеб. Лъалеб гьечIо кин ва кида бачIине кколеб пачалихъалъ бихьизабураб гIарац. ГьабсагIаталда гьеб гIарцул щибниги бачIун гьечIо. Гьелда сверухъ гIемерал мекълъаби гьариялда хIинкъи буго. Гьединлъидал, нижеца кIвар кьезе кколеб буго, нижецаго кинабго информацияги балагьун гьелда хадуб хъаравуллъи кквезе кколеб буго».
Гьединго Бахтияр Мамедовас абуна дагьалъ цебе интернеталда тендер лъазабулеб пачалихъияб идараялъ лъазабун буго Храх-убаялъулазе рукъзал раялъе тендер. Амма лъиданиги лъалеб гьечIо сунда рекъон гьеб лъазабураб, щай хас гьабун гьеб идараялъ лъазабураб тендер, цохIо гьезул гурони ихтияр гьечIебищ, ялъуни цогидазулги бугебищ.
Щай тедеразда гIахьаллъи гьабулеб цохIо идараялъ, цогидал кире арал, щай тендер бугилан официалияб къагIидаялъ газеталда лъабазе гьечIеб, Россиялъул къануназда рекъон.
Гьел суалалгун Бахтияр Мамедов щун вуго жиндирго росуцоялгун тендер лъазабураб пачалихъияб идараялъул нухмалъулев Къадиев Шамилихъе. Досул рагIабазда рекъон, тендер лъазабиялъе гIилла буго жиндир заманалда гIарац щвеялъул мурад. ГьабсагIаталда программаялда рекъон биччазе кколеб гIарац жеги биччан гьечIо. Тендерги лъазабун кинаб бугониги идарялъ хIалтIи байбихьизе бугилан лъазабуни, гIарац хехго бачIине бугилан бицана гьес.
Гочизе кколезул рагIабазда рекъон, тендералда бергьараб «Промжилстрой» абураб компаниялъ разе ккола цIи гочараб бакIалда минаби ва цоги социалиял бакIал. Амма гьединаб идара юридическияб адресалда рекъон гьечIо, гьениб ашбаз бугилан бицана Бахтияр Мамедовас. Бугищ гьеб идараялъул жидерго офис, батичIони, офисги гьечIеб, бугеб-гьечIеб лъалареб идараялъ кин тендер бергьараб ва кин гьелъ тIубараб росдае минаби разе ругел абун цIехолеб буго гочизе ккарал дагъистанияз. Гьеб ишалда сверухъ лъилалиго коммерческиял интересал ругилан рикIкIуне буго гьез.
Росу гочиналъе МахIарамкент мухъалъул администрациялъ бихьизабураб бакIалдасаги рази гьечIо храхубаялъулал. Гьезул пикруялда рекъон, гьеб бакI буго тIаде лъим кIанцIулеб. Нухмалъиялда гьез гьарулеб буго батIияб бакI бихьизабеян жидее. Гьединаб хитIаб гьабун букIана МахIарамкенталъу л нухмалъулезде араб соналъул риидал. Амма гьеб суалги жеги рагIалде бахъун гьечIо.
Цереккун Дагъистаналъул МахIарамкент мухъалда жанире унел рукIарал, Самуралъул жанубияб рахъалдехун ругел Храх-уба ва Урьян-уба абурал росаби Совет пачалихъ биххун хадур ккана Азербайджаналъул Хачмас мухъалде. Гьел лъугьана Азербайджаналда ругел Россиялъул анклаваллъун. 2010 соналъ Россиялъгун Азербайджаналъ гIорхъи чIезабиялъул къотIи-къаял гьарун хадур 5000 чияс гIумру гьабулел гьел росабазул гIадамазул суалал роцIцIине кколел руго.
Паспорталда рекъон гьел кколел руго Россиялъул гражданал, Дагъистаналда регистрация бугел, амма жалго руго Азербайджаналда. Гьелдаса хадуб храхубаялъулаз чанго нухалъ митингал тIоритIана жидер масъалабазде кIвар буссинабеян. Ялъуни Азербайджаналъул гражданлъи босе ялъуни Россиялде гочеян лъазабун буго гьезда. Гьезги гочине къасд гьабун буго. Россиялъул регионалияб политикаялъул министерлъиялъ хIадурараб программаялда рекъон гочиналъе бихьизабураб гIарцул жеги хал-шал лъугIун гьечIо ва жеги гIарац биччаялъул суал халат бахъулеб буго.
Лезгиязул миллиябгун культурияб автономиялъул лъазабиялда рекъон, гьез хIадурулеб буго Азербайджаналда ругел лезгиязул, аваразул, цахуразул ва цогидал этникиял дагъистаниязул гIумруялъул хIакъалъулъ хасаб доклад. Гьединабго документ хIадурун буго Европарламенталъ ул ва ООНалъул хасаб комиссиялъ Азербайджаналда гьарурал цIех-рехазул хIасилалда. Гьениб бицунеб буго гочине ккарал храхубаялъулазул хIакъалъулъги.
Бахтияр Мамедов: «ГьабсагIаталда буго цIакъ информация хIажатаб ахIвал-хIал. Инсанасе кислород гIадин къваригIун буго нижее гьеб. Лъалеб гьечIо кин ва кида бачIине кколеб пачалихъалъ бихьизабураб гIарац. ГьабсагIаталда гьеб гIарцул щибниги бачIун гьечIо. Гьелда сверухъ гIемерал мекълъаби гьариялда хIинкъи буго. Гьединлъидал, нижеца кIвар кьезе кколеб буго, нижецаго кинабго информацияги балагьун гьелда хадуб хъаравуллъи кквезе кколеб буго».
Гьединго Бахтияр Мамедовас абуна дагьалъ цебе интернеталда тендер лъазабулеб пачалихъияб идараялъ лъазабун буго Храх-убаялъулазе рукъзал раялъе тендер. Амма лъиданиги лъалеб гьечIо сунда рекъон гьеб лъазабураб, щай хас гьабун гьеб идараялъ лъазабураб тендер, цохIо гьезул гурони ихтияр гьечIебищ, ялъуни цогидазулги бугебищ.
Щай тедеразда гIахьаллъи гьабулеб цохIо идараялъ, цогидал кире арал, щай тендер бугилан официалияб къагIидаялъ газеталда лъабазе гьечIеб, Россиялъул къануназда рекъон.
Гьел суалалгун Бахтияр Мамедов щун вуго жиндирго росуцоялгун тендер лъазабураб пачалихъияб идараялъул нухмалъулев Къадиев Шамилихъе. Досул рагIабазда рекъон, тендер лъазабиялъе гIилла буго жиндир заманалда гIарац щвеялъул мурад. ГьабсагIаталда программаялда рекъон биччазе кколеб гIарац жеги биччан гьечIо. Тендерги лъазабун кинаб бугониги идарялъ хIалтIи байбихьизе бугилан лъазабуни, гIарац хехго бачIине бугилан бицана гьес.
Гочизе кколезул рагIабазда рекъон, тендералда бергьараб «Промжилстрой» абураб компаниялъ разе ккола цIи гочараб бакIалда минаби ва цоги социалиял бакIал. Амма гьединаб идара юридическияб адресалда рекъон гьечIо, гьениб ашбаз бугилан бицана Бахтияр Мамедовас. Бугищ гьеб идараялъул жидерго офис, батичIони, офисги гьечIеб, бугеб-гьечIеб лъалареб идараялъ кин тендер бергьараб ва кин гьелъ тIубараб росдае минаби разе ругел абун цIехолеб буго гочизе ккарал дагъистанияз. Гьеб ишалда сверухъ лъилалиго коммерческиял интересал ругилан рикIкIуне буго гьез.
Росу гочиналъе МахIарамкент мухъалъул администрациялъ бихьизабураб бакIалдасаги рази гьечIо храхубаялъулал. Гьезул пикруялда рекъон, гьеб бакI буго тIаде лъим кIанцIулеб. Нухмалъиялда гьез гьарулеб буго батIияб бакI бихьизабеян жидее. Гьединаб хитIаб гьабун букIана МахIарамкенталъу
Цереккун Дагъистаналъул МахIарамкент мухъалда жанире унел рукIарал, Самуралъул жанубияб рахъалдехун ругел Храх-уба ва Урьян-уба абурал росаби Совет пачалихъ биххун хадур ккана Азербайджаналъул Хачмас мухъалде. Гьел лъугьана Азербайджаналда ругел Россиялъул анклаваллъун. 2010 соналъ Россиялъгун Азербайджаналъ гIорхъи чIезабиялъул къотIи-къаял гьарун хадур 5000 чияс гIумру гьабулел гьел росабазул гIадамазул суалал роцIцIине кколел руго.
Паспорталда рекъон гьел кколел руго Россиялъул гражданал, Дагъистаналда регистрация бугел, амма жалго руго Азербайджаналда. Гьелдаса хадуб храхубаялъулаз чанго нухалъ митингал тIоритIана жидер масъалабазде кIвар буссинабеян. Ялъуни Азербайджаналъул гражданлъи босе ялъуни Россиялде гочеян лъазабун буго гьезда. Гьезги гочине къасд гьабун буго. Россиялъул регионалияб политикаялъул министерлъиялъ хIадурараб программаялда рекъон гочиналъе бихьизабураб гIарцул жеги хал-шал лъугIун гьечIо ва жеги гIарац биччаялъул суал халат бахъулеб буго.
Лезгиязул миллиябгун культурияб автономиялъул лъазабиялда рекъон, гьез хIадурулеб буго Азербайджаналда ругел лезгиязул, аваразул, цахуразул ва цогидал этникиял дагъистаниязул гIумруялъул хIакъалъулъ хасаб доклад. Гьединабго документ хIадурун буго Европарламенталъ