Швейцариялда байбихьана Шамалда сверун диалог

Швейцариялъул Монтрё шагьаралда хамиз къоялда байбихьана шамалъул хIукуматалъул вакилзабазда ва шамалъул радикалияб гуреб оппозициялъул делегациялда гьоркьоб данделъи. Гьез гьоркьоб лъун буго улкаялда бугеб жанисеб конфликт ракълидалъун рагIалде бахъинабиялъул суал. Гьеб диалог гьабулеб буго «Шамалъул суалалда сверун дунялалъул конференциялъул» гIурхъабалъ.
Тадбир рагьана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Бан Ги Муница. Гьесул пикруялда, гьеб конференциялъ рес кьезе буго ракълиде нух бахъизе.
Шамалъул проблема гьорокьоб лъураб диалогалда гIахьаллъулел руго дунялалъул 40-гIан улкаялъул вакилзаби, гьездаго гьоркьор Россияги Америкаги. РакIалде кколеб буго гьаб анкьалъул ахиралда гьел киналго гIахьалчагIаз диалог Женевалда халат бахъинабизе бугин.