Шамалъул президент Башар Асадица лъазабуна цоги болжалалдаги улкаялъул нухмалъулесул хъулухъалде кандидатура лъезе «лъикIал ишараби» рихьулел ругин жиндайин. Шамалда улкаялъул нухмалъулев вищизе вуго исана июналда.
AFP агентлъиялъе гьатIан къоялда кьураб интервьюялда Асадица нахъ чIвалеб буго хъулухъал цоцалъ рикьиялъул рахъалъ оппозициягун къотIи-къай гьабиялъул баян. АрбагI къоялда Швейцариялда кризис рагIалде бахъинабиялда сверун тIоритIизе ругел кIалъа-ралъаялги, аслияб къагIидаялда, «терроризмгун къеркьеялъул» суалал гьоркьор лъураб букIине кколин рикIкIунеб буго гьес. Террористалин гьес абула жив хъулухъалдаса ине кколин рикIкIунел къуватал. Асадил пикруялда, гьел къуватал данде гьарун руго «къватIисел улкабазул хасал хъулухъаз». Жиндир хIукумат политикияб аренаялдаса нахъе ани, тIубараб гIагараб машрикъалда хаос тIибитIизе бугин рикIкIунеб буго Асадица.