Пакистаналда чIван вуго 20 ва лъукъун вуго 30-гIан солдат

Пакистаналъул шималияб рахъалда рагъулаб автоколоннаялде тIадекIанцIи гьабидал чIван вуго 20 ва лъукъун вуго 30-гIан солдат. Банну шагьаралда бугеб рагъулаб горнизоналдаса къватIибе ине хIадурулеб колонна букIун буго гьеб. Associated Pressалъ лъазабухъе, кьвагьи ккун буго автоколоннаялда букIараб цо машиналда жаниб. Гьебго заманаялда Reuters агентлъиялъ лъазабулеб буго, официалиял вакилзабазда мугъчIвайги гьабулаго, кьвагьиялъул гIиллаби жеги лъалел гьечIин. Шималияб Вазиристан абулеб регион рикIкIуна тIалибал ва цоги «Аль-КъагIидагун» бухьен бугел яргъидгIуцIарал гIемераб регионлъун. Рагъулазул автоколонна унаго гьел минабазде тIаде ккей ва кьвагьи къанагIатаб иш гуро Пакистаналда, амма рагъулазул горнизоналда гьединаб кьвагьи-гIезегIан къанагIатаб иш буго гьениб.