Лъица чIварай Гульнара Рабаданова?

Шамил ШагIбанов ва Гульнара Рабаданова

Ноябралъул ахиралда Москваялда чIварай Дагъистаналдаса Гульнара Рабадановалъул хIакъалъулъ бицинчIеб информагентство хутIичIо Россиялда. Тахшагьаралъул жанубияб Бутово мухъалда гIумру гьабулей йикIарай Гульнарал щибаб лага батIа гьабураб жаназа батана.
Декабраялъул байбихьуда низам цIунулез ккуна 23 сон барав Шамил ШагIбанов. ЦIех-рех чагIаз лъазабуна Шамилица абунилан Гульнара жинца чIванилан. Шамилги Гульнараги цохIо росулъан чагIи кколаан - Тарумовка мухъалъул Раздолье росулъа.

Москваялде гьел батIи-батIияб заманалда ана хIалтIи балагьизе. ГIумру гьез гьабулеб букIана ккураб рукъалда жаниб, гьелгун цадахъ гIумру гьабулеб букIана жеги кIиго-лъабго чияс.

Шамилил эбел Спаният ШагIбановалъ рикIкIунеб буго Гульнара жиндир васас чIвачIилан ва гьеб такъсир гьабиялъулъ мукIурлъизе гьев низам цIунулез тIамунилан. Спаниятил рагIабазда рекъон, гьейги, гьелъул яс Разиятги, Шамилги цо лъагIелалъ цебе ун руго Москваялде хIалтIи балагьизеян.

Рукъги ккун буго гьез. Гульнарал эбелалъ гьарун буго Спаниятида жиндир ясги ячеян цадахъ йикIине.

Мунагьал чураяяй Гульнарал эбел жиндир цингIал йикIаниги Спаниятие бокьун букIун гьечIо гьелъул яс цадахъ йикIине, амма Шамилицаги Разиятица гьарун буго гьелда ячеян Гульнара.

Ахиркъад кIиго рукъалъул квартира ккун буго Спаниятица ва гьениб гIумру гьабулеб букIун буго гьезги, Гульнарацаги ва гьезул гIагарай кIиго ясалъги.

Ахирисеб нухалъ Гульнара киназдаго йихьун йиго 21 ноябралда. Нахъисеб къоялда гьей рокъой яккинчIеб мехалда, гьез гьей ялагьулей йикIун йиго хIалтIудаги, лъалел-хъвалезухъ ун йигодайги гьикъулеб букIун буго. Хадуб гьелъул жаназа батун буго… Гьейгун цадахъ гIумру гьабулел рукIарал чанги нухалда цIех-рехалдаги ахIулел рукIун руго. Чанги нухалъ Шамилги ахIун вуго. Иргадулаб нухалъ араб мехалда гьев нахъе вичан гьечIо цIех-рех чагIаз.

Спаниятил рагIабазда рекъон, Шамил вуго гIакълуялъул рахъал нахъе ккарав вас, гьесие гьеб наслуялдасан щвараб гIузру буго. Амма гьев цидаххарав чилъун гьев вукIинчIилина абуна Саниятица.

Гьевгун цадахъ тукада хIалтIулезги журналистазда абун буго гIодов вичарав васлъун вукIанин Шамил, жиндир хIалтIиги лъикI гьабулеб букIанилан гьес. Спаниятица бицухъе, цогидал гIадамазги Шамилил рахъалдасан квешаб рагIицин абичIо ва гьел божулел гьечIо Гульнара гьес чIванилан.

Низам цIунулез цIех-рех бачунеб мехалда жидее суалал кьолел рукIанин жал такъсирачагIи ругел гIадинилан бицана Спаниятица. Гьелъ абуна жинда гьикъулеб букIанин кин Гульнара жинца чIварайали. Полиграфги хIалтIизабун сурав босулеб букIун буго гьезухъа ва гьез гьереси бицулеб бугин полиграфалъ бихьизабун гьечIо.

Кин букIаниги Шамил гьабсагIат цIех-рехалъул туснахъалда вуго. Цодагьалъ цебе телефоналдасан эбелгун кIалъалев мехалда Шамилица бицун буго жив вухулев вугин, жиндие гIакъубаби кьолел ругин, документазда гъоркь гъулбасал лъезе тIамулел ругин.

Гьесул ункъачо Хадижат ГIумаровалъ бицана «Эркенлъиялъе» Шамил жиб-жиб къоялда гIарзабигун телефоналдасан кIалъалев вугилан.

Хадижат ГIумарова: «Щибаб къоялда гьес ахIун бачIунаан жиндие гIакъубаби кьолел ругин, гIайиб тIаде босизе тIамулев вугин. Гьабизе жоги тIагIун руго ниж. 200 азарго гърущги кьун адвокатги ккуна нижеца.

Гьелъги щибго хIалтIи гьабичIо, нижеца гьелдаса инкар гьабуна, цогидав адвокат ралагьулел руго. ЦIех-рех чагIазе бокьун батила такъсир рагьизе, амма расниги гIаийб гьечIев чи щай гьез хIакъир гьавулев вугев.

Гьереси тIатинабулеб детекторги хIалтIизабун сурав босана гьесухъа, детекторалъги бихьизабуна гьев гIайибав гьечIолъи».

Гульнара чIваялда тIаса цIех-рех бачунев ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъан Марат Тамбиевас журналистазе бицана, кинаб-гIаги гIакъуба кьолеб гьечIин, гьесул ихтиярал хвезарулел гьечIин ва Шамилица жинцаго абунин жинца чIванилан Гульнара.

Детекторалъ щай бихьизабичIеб Шамил гIайибав гьечIин гъикъиндал цIех-рех чияс жаваб кьун буго, полиграф гуккизе кIун батизе бегьулин гIайиб гIунтIизабулес. Щиб сабаблъунха Гульнара чIван йигей Шамилица илан гьикъинал цIех-рех чияс жаваб кьун буго гьелъул бицине гьечIилан жинца.

Гульанарагун цадахъ гIумру гьабун йикIарай яцгIал ХIалиматица бицана журналистазе, жий божулей гьечIилан Шамилица гьеб такъсир гьабураблъи. Гьелъ абухъе, Шамилилги Гульнаралги лъикIал гьоркьолъаби рукIана.

Гульнарал гIарал чагIаз гьеб такъсиралда тIаса баянал кьолел гьечIо. Гьез рикIкIунеб буго цIех-рех чагIаз лъазабизе бугин гьабурабищ яги гьабичIебищ Шамилица такъсир.