Инвесторазул къецал ва Дагъистаналъул экономика

Сулайман Керимов, бизнесмен.

Инвесторазул къецал ва Дагъистаналъул экономика
Дагъистаналъул экономикаялда хиса-басиял ккезе рес буго гIагараб заманалда. Гьел хиса-басиял кинал рукIине ругелали бицана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.

Халкъияб мажлисалъе гьабураб хитIабалда ГIабдулатIиповас абуна ралъдал портги аэропортги цIигьаризе ругилан. Халкъазда гьоркьосеб МахIачхъалаялъул порт цIигьабизе буго «Нафта-Москва» ва «Сумма» компанияз илан абуна ГIабдулатIиповас.

РакIалде щвезабила, «Нафта-Москва» компаниялъул хважаинлъун ккола Сулейман Керимов. 2012 сонлда гьев рикIкIунев вукIана Дагъистаналъул аслияв инвесторлъун.

2013 соналда гьесул инвестициябазе нух къана ва рагьана нух «Сумма» компаниялъе. Гьелъул хважаинлъун ккола Зиявудин МухIамадов.

ГIабдулатIиповас абухъе, Керимов тIадвуссунев вуго Дагъистаналде. «Коммерсантъ» газеталъ хъваралда рекъон, республикаялъул экономика цебетIезабиялда тIад хIалтIизе Керимовги вичаян ГIабдулатIиповасда абун буго Кремлалъ.

Газеталъул экспертаз рикIкIунеб буго «Сумма» компания гьанже тIагIине рес бугин Дагъистаналдаса.

«Коммерсант» газеталда бахъараб макъалаялда хъван буго, Керимов Дагъистаналде тIадвуссиналъул хабар бакканин Рамазан ГIабдулатIиповгун Владимир Путин дандчIван хадуб илан.

Гьел дандчIван руго араб соналъул ахиралда. Путиница абун буго Россиялъул жанубияб рахъалда карал терроралъул такъсиразда гъорлъ Дагъистаналъул лъалкI батулеб бугин.

Гьелда ГIабдулатIиповас жаваб кьун буго Дагъистаналда гIолилазе хIалтIул бакIал гIолел гьечIилан, гьелдалъун экстремизмалде гъорлъ колел ругилан гьел. Инвестициял раче республикаялда илан абун буго ГIабдулатIиповасда.

Гьес жаваб кьун буго Дагъистаналдаса гурел цогидал инвесторал рачIунел гьечIилан регионалда. Кремлалда абун буго гьел инвесторал гIаги рачеян.

Цогидал баяназда рекъон, «Уралкалий» компания бичун хадуб Керимовас нухал ралагьулел рукIун руго жив Кремлялда лъикIаб рахъалдасан вихьиялъе гIоло. Гьесда абун буго Дагъистаналъул экономика цебетIеялъе квербакъеян. Керимовги ГIабдулатIиповги дандчIван руго.

Гьел кIияздаго гьоркьор ричIунгутIиял рукIаниги, ГIабдулатIиповасда лъала Керимов гIадал инвесторал ратизе гьечIеблъи илан хъвалеб буго «Коммерсант» газеталъ.

Цо-цо экспертаз абулеб буго Дагъистаналъул «Уйташ» аэропортги гьанже Керимовасухъе кьезе бугилан. Аэропорт Керимовасе бичулеб бугин харбал 20I2 соналда раккун рукIана, амма щвалде щвараб жо щибго букIинчIо.

«Уйташалъул» реконструкция гьабизе буго «Нафта-Москваялъ». Гьедин лъазабуна 15 январалда Рамазан ГIабдулатиповас.

Халкъияб мажлисалъе хитIаб гьабулаго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас гьединго буюрухъ кьуна хIукуматалъе нарт бахъулеб компания рагьиялда тIад ургъеян. ГIабдулатIиповасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда буго нартги газги, амма тIабигIиял гьел сурсатал рахъиялда тIад хIалтIулел гьечIо.

Нарталъгун газалъ республикаялъул бюджеталъе лъикIаб магъало бачIине бугилан абуна Дагъистаналъул нухмалъулес.

Къануналда рекъон, «Дагнефть» компаниялъ магъалаби кьола Россиялъул бюджеталда, щайгурелъул гьеб ккола «Роснефталъул» филиаллъун.

Экономист Андрей Меламедовас абуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналда нартил компания гIуцIаниги нарт бахъиялъул бизнесалде гъорлъе ккезе гьеб бичазе гьечIилан.

Андрей Меламедов: «Гьеб компания гIуцIиялъул магIна дида бихьулеб гьечIо. Совет заманалда Дагъистаналда бахъулеб букIана гIемер нарт. Гьанже гьелъул къадар дагьлъана.

Ракь бугеб бакIалда нарт къанагIат гурони гьечIо. Каспий ралъдалъ гьелъул къадар кигIан бугебали мухIканго лъалеб гьечIо, амма абулеб буго нарт гьениб гIемер бугин.

Гьеб гьениб балагьизе Дагъистаналдаса компания бичазе гьечIо федералияб централъ.

«Роснефть», ЛУКОЙЛ ва «Газпром» компаниял къацандулел руго Дагъистаналда нарт балагьиялъе гIоло. Керимов вукIа, вацал МухIамадовал рукIа – гьезие нарталъул бизнесалде нух къан буго, гьенир цогидал чагIазул интересал руго.

Нилъер бизнесменал нартида аскIоре къазецин ричазе гьечIо».

Дагъистаналда нарт батиялда тIад хIалтIулел компанияз – «Роснефть», ЛУКОЙЛ ва «Газпром» - жеги лъазабичIо, республикаялъул тIалъигун кинал бухьенал ругел жидер.