15 январалда Хасавюрт мухъалъул Къарланюрталда тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда изну гьечIого яргъид гIуцIараздаса цIикIкIун зарал ккана низам цIунулезеги. Гьенир чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул ункъо чи, низам цIунулезул –лъабго чи. Низам цIунулезул щугоял лъукъунги руго. Гьел руго терроралда дандечIараб миллияб комитеталъул баянал.
Изну гьечIого яргъид гIуцIараз инкар гьабун буго кверде рачIине. Гьедин хасаб операцияги сордоялъ халатбахъун буго.
Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кIигоясул цIар баян гьабулеб буго гьеб комитеталъ – гьел кколел руго Марат Идрисовги Рустам ТIагьировги.
Гъоркьисала ноябралдаса нахъе федералияб цIех-рехалда кьурав Идрисов Хасавюрталъул мухъалъул хъачагъазул къокъаялъул бетIерлъуда вукIанин, гъоркьисала декабралда Пятигорскалда терактги, Хасавюрт мухъалъул Эндирей росдал мажгиталъул дибир чIвайги, цогидабги гьес гьабунин лъазабулеб буго терроралда дандечIараб миллияб комитеталъ.
Гьесда цадахъ чIварав ТIагьировас хъачагъазе кумек гьабулеб букIун буго дараби, квен, ва цогидаб къайи-цIа баччун, гьесул рокъоб Къарланюрталда хIадурулел рукIун ругила кьвагьулел алатал.
Гьедин хасаб операция лъугIун хадуб жидеда гьесул рокъоб тротилалъул 50 килограммалда бащадаб къуваталъул бомбаги тротилалъул цо килограммалда бащадаб къуваталъул макъратIисалъул минаги батанин бицана журналистазе низам цIунулез.
Бицен гьабулеб ахIвал-хIалалда тIасан пикру загьир гьабуна Хасавюрт мухъалъул Могилевское росулъа Байсунгъур Маматхановас.
Байсунгъур Маматханов: «Дир ракIунтун буго холел ругел гIолохъабазда – полициялъулаздаги дол цояздаги. Лъица батаниги пайда босулеб буго гьездаса. Гьедин гIодулел руго кIиябго рахъалдаса эбел-эмен. ХIалтIи бажарулеб гьечIищ, кьун гIарзагун нахъе ине ккола гьеб рахъалъ гIадлу гьабизе тарал чагIи.
Гьаб къо нижеда чIезабичIого. Бажарулареб жо букIунаро. Татарстаналдаги, Туркменистаналдаги бажарулеб, Хасавюрталда бажарулареб жо букIунаро».
Экстремистал хIисабалда Дагъистаналда хасал операциязулъ аслияб куцалда чIвалел руго гьанжего-гьанже лъеберилъе рахарал яги гьелдаса гъоркьехун ригь бугел гIолилал.
Жеги балугълъуде рахинчIел лъимал терроралда гъорлъе цIаялда хадуб халкквезе ккеялде кIвар кьуна 15 январалда Халкъияб Мажлисалде хитIаб гьабулаго Дагъистаналъул нухмалъулесги.
Гьединго халкквезе къваригIун бугила щаклъи бижизабулел улкабазде динияб цIали гьабизеян унел гIолохъанал дагъистаниязда хадубги.
Гьеб мурадалъ гьел гIараб улкабазде уна. Гьениса гьел пикруги хисизабун тIадруссунин, гIемерисеб мехалда гьединазул ахирги пашманаб кколин абураб пикру буго республикаялда.
Руго баянал Шамалда рагъулъ бечедаб хIалбихьиги щун тIадруссарал дагъистанияз кьвагьа-гIанхъиял гьариялъулги. Гьел руго низам цIунулезул баянал. Дагъистаналдаса машгьурал ва бечедал гIадамазул лъималги, спортсменалги ругин гьезда гъорлъин абула.
15 январалда Россиялъул Пачалихъияб Думаялда гьоркьоб лъуна терроралда данде къеркьолел ФСБялъул, ай балъгоял хъулухъазул хIалтIухъабазе тIадеги ресал кьеялда хурхараб къанун.
Гьедин гьанже гьезул рес буго бокьараб мехалда бигьаго бокьарав чиясулги гьесул документалгун, транспорталъул ва цогидалъул халгьабизе.
Гьез гIорхъи чIвазе бегьула интернеталдасан добе-анибе битIулеб гIарцуеги.
Амма инсанасул ихтиярал цIунулез ахIи балеб буго гьеб къануналъ терроралдехун щибго бухьен гьечIел гIадамазул ихтиярал хвезаризе ругилан. Мисалалъе, Лев Пономарев абулев инсанасул ихтиярал цIунулес абулеб буго гьединаб къанун къабул гьабичIого гIолареб батани, цин халкъалда гьикъизе ккелаанила хIажат бугищ гьеб, гьечIебищали.