Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас Халкъияб мажлисалде гьабураб хитIабалда рехсон руго экономикиялгун-социалиял масъалабиги, хIинкъи гьечIолъиялъул суалалалги, хIалтIулъ ругел гIунгутIабиги.
ГIабдулатIиповасул рагIабазда рекъон, республика кризисалде ккана чанги гIилла сабаблъун: рагъулал дандечIеял, хIакимазул хIантIи, рухIиял суалал. «Экстремизм, фанатизм ва терроризм – гьел масъалаби раккана хIукумуталъул хIалтIудалъ ругел гIунгутIаби сабаблъун», - илан абуна республикаялъул нухмалъулес.
Экономикаялъул масъалабазул бицунаго ГIабдулатIиповас абуна федералиял ва республикаялъул программабазул гIарац хIакимаз хвезабулеб бугин жидерго мурадал тIураялъе.
Бюджет, кредитазулгун-гIарцулаб система, банказул сектор – экономикаялде гъорлъе унел гьел бутIабаздеги ракун, цо-цо хIакимаз гьениб гIадлу-низам хвезабун бугин бицана нухмалъулес.
Хасал хъулухъазда, Жанисел ишазул министерлъиялда ва прокуратураялда ГIабдулатIиповас абуна «бахчараб» экономикаялда раккеян ва гьенире ругин республикаялда ккарал гIемерисел такъсиразул лъалкIал.
«Бахчараб» бизнесалда ратизе руго гъоркьлъалие росарал чагIи, лагъзал ва гьезул хважаинзабаз жидее квъаригIараб мехалда гьел хIалтIизарулел руго боевикал гIадини илан абуна республикаялъул нухмалъулес.
Ришватчилъиялъ ккураб хIукуматалдаги террористаздаги гьоркьоб бухьеналд ратулел ругиланги абуна ГIабдулатIиповас.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Фанатикал, экстремистал ва гьезул рахъ кколел чагIи республикаялъул тIалъиялдаги, пачалихъиял идарабаздаги, лъай-кьеялъул системаялдаги рукIине кколаро. ХIукуматалда ва жамгIияталда цере ругел мурадазул цояблъун букIине ккола къануназул адаб тIибитIизаби.
ХIакимаздаги кIочон буго къанун щиб бугебали, гIадамаздаги кIочон буго. Конституциялда рекъон, дагъистаниязул гIемер ихтиярал руго ва гьел ихтиярал нилъеца цIунизе ккола. Къануназул адаб гьабизе ккола хIакимазги, депутатазги, киналго гIадамазги. БатIалъи гьечIо щиб гьезул миллат бугеб, кинаб дин бугеб».
Инвестициязул бицунаго ГIабдулатIиповас абуна Россиялъул хIукуматалъ жиб-жиб соналда бизнесменазе гарантиял кьолел ругин, проектазда тIад хвезабураб гIарац нахъбуссинабизе кIвечIони хIукуматалъ бецIилин гьезие гIарац, амма гьел гарантиял щвезе бокьарал компаниязе гъоркьисала щаялиго кIун гьечIо документал хIадур гьаризе.
Гьединго ГIабдулатIиповас абуна республикаялъул бюджет цIикIкIинабизе бокьун батани магъало бакIариялъул хIалтIи лъикIлъизабизе кколин. «ТIабигIиял сурсатазул рахъалъан бечедаб республика буго Дагъистан, амма гьелдаса пайда щолеб гьечIо бюджеталъе.
Сурсатазул рахъалъан низам цIунулез кIудияб хал-шал гьабизе ккола. Гьенир гьезие ратизе руго «крышевателалги», къануназда рекъечIого хIалтIулел бизнесменалги. Низам цIунулезул идарабаздаса чагIазул лъалкIалги ратизе бегьула», - ян абуна республикаялъул нухмалъулес.
Промышленносталъул бицунаго, ГIабдулатIиповас абуна гидроэнергетика цебетIезабизе кколин республикаялда. Гьесул рагIабазда рекъон, гьаб соналъул ахиралда хIалтIизе бичазе буго ГьоцIалъ ГЭС. Гьеб гидроэлектростанция кьун хадуб, гьелда гIагарда базе буго кIиабилеб ГЭС илан бицана Дагъистаналъул нухмалъулес.
Гьединго хитIабалда гьев хъинтIана транспорталъулгун-нухазул масъалаялда. Нухал къачIаялъеги, авиакомпаниязул хIалтIи лъикIлъизабиялъеги, муниципалияб транспорт цIигьабиялъеги кIвар кьезе кколин абуна ГIабдулатIиповас ва тIаде жубана республикаялда жидерго авикомпания гIуцIиялда тIад ургъизе кколин.
КIвар кьезе кколеб суаллъун хIалтIигьечIолъиги кколин абуна Дагъистаналъул нухмалъулес. Гьесул рагIабазда рекъон, масъала социалиблъун гуребги, политикиялъун ккола. ГIабдулатIиповас абуна официалияб статистикаялда балагьани хIалтIигьечIолъиялъул суал масъалалъун бихьулеб гьечIин.
Рамазан ГIабдулатIипов: «ХIакъикъаталдани абуни, цо хIалтIул бакIалда балагьун вуго 50-ялдаса цIикIкIун чи. Гьелдалъун гьеб суал социалибгун-политикияб ккола. ГIолилазе хIалтIул бакIал гIуцIизе ккола. Гьелъие кIвар кьезе ккола хIукуматалъги, муниципалитетазги.
Муниципалиял хIакимазул хIалтIуе къимат кьезе ккола гьеб рахъалъанги. Гьеб хIалтIудалъ гьезие кумек гьабизе буго рехсарал министраз: экономикалъул, лъайкьеялъул, сахлъи цIуниялъул ва социалиб цIебетIеялъул».
Экстремизмалда ва терроралде дандекъеркьеялъулги бицана ГIабдулатIиповас. Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб суалалда тIад цадахъ хIалтIизе ккола жамгIиятги хIукуматги.
ГIабдулатIиповас абухъе, къануналда рекъон гIадлу гьабизе ккола боевиказе кумек гьабулезеги, гьезул бербалагьиял рекIее гIолел гIагарлъиялъеги.
Гьединго гьес тIаде жубана, хIисабалде босизе кколин балугълъиялде рахинчIел лъимал экстрмизмалде гъорлъе цIалел улбузе тамихI гьаби.
ХитIабалда ГIабдулатIипов гьединго хъинтIана маданияталъул суалаздаги, гражданияб жамгIият цебетIеялъул сулаздги, спорталъул масъалабаздаги.