Саттерил ихтияр буго гIарз гьабизе

Америкалъул журналист, нижер радиоялъул президентасул гIакълучи Дэвид Саттерил ихтияр бугин Россиялъул диваналъ гьабураб хIукмуялда гIарз гьабизе тIадегIанаб даражаялда.

Гьадин лъазабуна Федералияб миграционияб хъулухъалъул вакилзабаз. Гьалкъояз Саттерие Россиялъул тIадтараз улкаялде нух къана, гьесда визаялъул низам хвезабиялъул гIайиб чIван.

Амма живго журналистаз ва Цолъарал Штатазул вакилзабаз абулеб буго гьадинаб хIукмуялъе политикияб гIилла бугин ва гьеб гьабун бугин Россиялъул хасал хъулухъазул жигаралдалъун.