Антифашистаз Москваялда марш хIадурулеб буго

Москваялъул тIалъи хIадураб буго 19 январялда букIине бугеб антифашистазул маршалъул шартIал дандразе гьелъул гIуцIарухъабигун.

ТIадтараз цебеккунго тIалаб гьабуна тадбиралда гIахьаллъулел гIадамазул къадар азаргоялдаса цIикIун букIине ккеларин.

Гьадин итни къоялъ лъазабуна Москваялъул мэриялъул вакил Алексей Майоровас. Рехсараб марш гIуцIун буго щуго соналъ цере чIварал адвокат Станислав Маркеловасул ва журналист Анастасия Бабуриналъул хIурматалъе.