HRW-ялъ какулел руго гIиракъалъул конфликталъул рахъал

Human Rights Watch абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ квешаб къимат кьуна гIиракъалъул Анбар провинциялда данде чIарал къуватаз инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIиналъе.

Лъазабиязда рекъон, Фаллуджа ва Рамади шагьаразда унел тунка-гIусиязул хIасилалда хун вуго 250-ялдасанги цIикIкун чи. Гьенисан нахъе ине ккана 13 азарго гIанаб хъизан.

Инсанасул ихтиярал цIунулез кIвар буссинабулеб буго конфликтазул киналго рахъаз тунка-гIусиял унеб мехалда халкъазда гьоркьосеб конвенцияз гьукъарал къагIидаби хIалтIизарулел рукIиналде. Гьелъул хIасилалда гIемер чи холев вугин ва гIемер минаби риххулел ругин, жубалеб буго HRW-ялъ.

Гьеб гIуцIиялъ гIиракъалъул армия какулеб буго гражданиял объектазда нахъе-цере балагьичIого минеметазул кьаби щвезабулеб букIиналъе гIоло, гьелде данде чIарал яргъид гIуцIарал – гражданияб халкъалъ гIумру гьабулеб бакIазда жидерго позицияби гIуцIиялъе ва гьениса кьабиял щвезарулел рукIиналъе гIоло.

Human Rights Watch гIуцIиялъул вакиль Сара Ли Витсоница лъазабуна, гIиракъалъул нухмалъиялъ щибниги гьабичIин ракълилаб халкъ цIуниялъейин.

Цебе лъазабун букIана, арбагI къоялда Аль-Каидаялъулгун хурнхен бугеб «ГIиракъалъул исламияб пачалихъ ва Леванте» абураб гIуцIиялъул къокъабаз Фаллуджиялдасаги Рамадиялдасаги нахъе ине байбихьанин.

Цебесеб анкьалда гьез гьел шагьаразул аслиял территорияби жидерго кверщаликье росун рукIана.