Афгъанистаналда ккун йиго "шагьидалъул рачел" барай яс

Афгъанистаналда полициялъ ккун йиго «шагьидалъул рачел» барай микьго сон гIелалъул яс.

Жанисел ишазул министерлъиялъул информациялда рекъон, гьелъ жийго кьвагьизайизе кколей йикIун йиго Гильменд провинциялъул полициялъул бутIаялда.

НугIзабазул рагIабазда ясалда бажарун гьечIо кьвагьулеб алаталъул кномка мерхьизе. Гьелъ рес кьун буго гьей кквезе.

Полициялъул версиялда рекъон, хвалде иналде гьей ккезаюн йикIине бегьула кIудияв вацас. Гьев кколев рагIула талибазул лидеразул цояв.