Бейруталда гьабураб кьвагьиялъул жавабиял лъан руго

Гьаб анкьалда Ливаналъул тахшагьаралда живго чIвалес автомашина кьвагьизабиялъул жавабчилъи тIаде босана «Аль-КъагIидалъулгун» бухьен бугеб террористияб къукъаялъ.
Гьеб ккола «ГIиракъалъул ва Леванталъул Исламияб пачалихъ» абулеб къукъа. Гьез жидерго лъазаби кьун букIана шамат къоялда суннитазул экстремистазул интернет-сайталда.
Бейруталда хамиз къоялда кьвагьи гьабидал хун вукIана щуго чи. Гьеб кьвагьи ккараб мухъ рикIкIуна Ираналъ рахъ кколеб ливаналъул шигIитазул «Гьезболлагь» къукъаялъул бакIлъун.
АскIоб бугеб Шамалда халат бахъунеб бугеб рагъулаб конфликталда «Гьезболлагьалъул» чагIи рагъулел руго хIукуматалъул рахъалда. Гьезие дандечIей гьабулел аслияб къагIидаялда суннитал ккола.