Америка хIадураб буго Гlиракъалъе кумек гьабизе

Америкалъул Пачалихъияв секретарь Джон Керри

Америкалъул Цолъарал Штатал хIадурал руго «Аль-КъагIидагун» гьабулеб къеркьеялъулъ гIиракъалъулазе хIажатаб кумек гьабизе. Гьедин лъазабуна Америкалъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица.
Гьебго заманаялда гьас кIвар буссинабуна цIидасан ГIиракъалде аскарал ритIизе Вашингтоналда ракIалда гьечIолъиялде. «Гьеб къеркьей гIиракъалъулазул буго»,-ян тIадеги жубана гьес.
Керрица гьедин абилалде цебе ГIиракъалъул премьер-министр Нури аль-Маликица рагIи кьун букIана Анбан провинциялда «киналго террористиял къукъаби тIагIинаризе». ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватазе жигараб дандечIей гьабулеб буго экстремистаз гьеб провинциялъул Фаллуджа ва Рамади шагьаразда. Нижер радиоялъул ГIиракъалъул хъулухъалъ лъазабулеб буго Фаллуджаялъул территориялъул 60 процент «Аль-КъагIидагун» бухьен бугел ва хIукуматалде данде чIарал къуватазул контролалда гъоркь бугин.