Волгоградалъул ракьалда рузман къо букIана гьениб 29-30 декабралда гьарурал терактазул къурбаназухъ лъазарурал чIегIер баялъул къоязул щуабилеблъун. Шагьаралъул ва Москваялъул азарханабазда хутIулев вуго лъукъарав 65 чи.
Волгоградалда гьарурал терактазда хун вуго 34 чи. ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон, маххул нухалъул вокзалалда ва троллейбусалда жаниб кьвагьиял гьарун руго жалго чIвалез. ЦIех-рехалъул хIалтIи халат бахъунеб буго.
Волгоград шагьаралда ва мухъалда лъазабун буго террористияб хIинкъиялъул цIикIкIараб даража. «Вихрь-антитеррор» абулеб операциялъул гIурхъабалъ полициялъ ккун вуго 700-ялдаса цIикIкIун чи.
Терактазул хIасилалда хварав 34 чиясул 18-яв вукъун вуго. Гьедин лъазабуна Волгоградалъул ракьалъул губернатор хисулев Василий Галушкиница. Гьес гьединго абуна терактазул къурбаназул 13 хъизамалъе гьанжеялде компенсация кьун бугин. Гьеб бахунеб буго кIиго миллион гъурщиде. 43 лъукъарасе кьун буго кIинус-нус азарго гъурущ.