ГIадамазул миллионаз дандчIвай гьабуна ЦIияб соналъе

Дунялалда гIадамазул миллионаз дандчIвай гьабуна ЦIияб соналъе. Нью-Йоркалда нус-нус азар чи вакIарун вукIана Тайм сквералда ЦIияб соналъе дандчIвай гьабизе, Лондоналда кьвагьулел рукIана футуристикиял фейерверкал, Филиппиназда фейерверкал кьвагьулаго лъукъун вуго 260 чи. Дубаялъ лъолеб букIана бащдаб миллион фейерверк кьвагьун рекорд, цадахъго Пачалихъияб гимн ахIулел гIадамазул къадаралде балагьун рекорд лъолеб букIана Киевалдаги. Рималъул Папа Францисица гьабураб цIияб соналъул вагIзаялда щибав чи ахIулев вукIана араб 2013 сон чидае кумек гьабулагойищ яги щивасул жиндирго тIалабалдайищ арабин абураб суалалда тIад ургъизе.