Волгоградалда хун вуго 30 январалда троллейбус кьвагьизабидал лъукъаразул цояв. Гьедин лъазабулеб буго бакIалъул медиказ. Гьедин шагьаралда цо сордо-къоялда жаниб ккараб кIиго теракталъул къурбаназул къадар бахун буго 34 чиясде.
Азарханабазда хутIулев вуго жеги лъукъарав 60 ялдаса цIикIкIун чи, гьезул 15-яв вачун вуго Москваялде. ГIагараб заманалда Москваялде вачине вуго жеги кIиго чи.
29 ва 30 декабралда Волгоградалда гьабун букIана кIиго кьвагьи. Цояб маххул нухлул вокзалалда, цогияб гIадамал рекIараб троллейбусалда жаниб. ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон, кIиябго гьеб кьвагьи гьабун буго жалго чIвалез ва гьезул цоцазулгун бухьен буго. Гьенир кьвагьизарурал бомбабазда цIикIкIунги зарал гьабизелъун жаниб лъураб жо букIун буго цоцазда релъараб. Гьедин лъазабулеб буго Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ. Гьез гьединго рикIкIунеб буго исана октябралда Волгоградалда ккараб кьвагьиялъулгунги гьезул бухьен букIине рес бугин. Доб мехалда жийго чIвалелъ автобус кьвагьизабидал хун вукIан анлъго чи.
Регионалда лъазабун буго террористияб хIинкъиялъул «тIогьилаб» ай цIикIкIараб даража. Шагьаралъул къватIахъ хъаравуллъи гьабулеб буго щуазаргоялдаса цIикIкIун полицияс ва солдатас.
Волгоградалда ва мухъалда лъазабун буго чIегIер баялъул щуго къо.
Гьенир хваразул гIагаразда зигара балеб буго дунялалъул батIи-батIиял улкабазул политиказги, халкъаздагьоркьосел идарабазги, жамгIиял хIаракатчигIазги. Волгоградалда рукIарал терактал какарал лъазабиял гьаруна Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ, ЕвроЦолъиялъ, НАТОялъ ва гIемерал улкабазул лидераз.