ГIабдулмалик чIваялъул цIех-рехалъ диванханаялъул рагьу бахана

Дагъистаналда кватIичIого диваналда цере эхетизе руго «ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарь АхIмадилов ГIабдулмалик чIваялда щаклъи букIун ккурал кIигоял. Жидецаго гьабураб такъсиралъе гьел мукIурлъанилан абулеб буго цIех-рехчагIаз.
Адвокатас жеги кинал ругониги комментариял прессаялъе загьир гьаричIо. Республикаялда гьанжелъизегIан чIварал журналистазда гьоркьоб, диванханаялъул халгьабиялде борчIараб тIоцебесеб чIвай-хъвеялъул мухIканлъи кьолеб буго гъоркьехун

АхIмадилов ГIабдуламалик чIвана 2009 соналъул 11 августалда.

Жиндирго автомобилалъув жанив вукIаго хун ватана гьев.

«ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарасул хъулухъалда цадахъ гьес нухмалъи гьабулеб букIана Сугъралъ росдал газеталъеги.

Доб мехалъ абулеб букIана «ХIакъикъат» газеталда гьес рахъун рукIарал макъалаби сабаблъун чIван ватулин гьевилан.

Гьесул гIумруялде квер борхарал чагIи ратизе гIураб заман бана цIех-рехчагIаз. Гьаб соналъул байбихьуда ккуна ГIабдулмалик чIваялде щаклъи бугезул цояв Мурад ШугIайбов, лъабго моцIидасан апреалалъул ункъабилеб къоялъ ккун гьесул гьалмагъ ГIабдурахманов ГIисаги.

ЦIех-рехалъ чIезабуна августалъул 11-абилеб къоялъ ГIабдулмаликие гъоркьчIелги гьабун жалго бетIергьанаб «Лада Приора» автоомбалъусан кьвагьун бугин гьел кIиязго журналистасдеян.

Гьал къоязда цIех-рехалъул комитеталъ лъазабуна ШугIайбовги ГIабдурахIмановги жидеде гIунтIизабулеб гIайибалъе мукIурлъанилан.

Мурад ШугIайбовас цIех-рехчагIазда бицухъе гьес ГIабдуламалик чIван вуго гьел кIиядаго гьоркьор рукIарал гьоркьорлъаби сабаблъун.

Амма Мурад ШугIайбвасул эмен Пахрудиница исана февралалда МахIачхъалаялдв тIобитIараб митинглда абун букIана жиндир васас ГIабдулмаликги ХIажимурдаги чIвачIилан.

Гьаниб тIаде жубазе ккола тIадехун рехсарав кIиявго гIолохъанчиясде гьединго гIунтIизабулеб буго 2011 соналъул 15 декабралда «Черновик» газеталъул хважаин ХIажимурад Камалов чIваялъулги гIайиб.

Митингалда ШугIайбов Пахрудиница абулеб букIана Сугъулдерил кIудиял хъулухъазда ругел гIадамазда гьоркьор ругел дандеккунгутIиязул къурбанлъун кканин жидир василан


Гьезда гъорлъ рехсолел руго "Новое дело" газеталъул бетIергьан Чилилов АхIмадги, цеве Халкъияб Мажлисалъул депутатлъун вукIарав ГIисаев Шамильги. Гьел харбал рагIун ругоан Мурадил эмен Пахрудинидаги.

«Дидани жеги батIайисан рагIана. Дир васас ХIажимурад чIваралъухъ, МахIачхъала шагьаралъул мэрас нижер цо росуцоясе лъикIаб хъулухъ кьун бугиланги.

Узухъда, гьел руго гьадингосел къватIул харбалги мацIалги.

Дир васасдасаги, ГIисаевасдагун Чилиловасдаги, Богатыревка поселкалъул администрациялъул бетIер Хазамовасдаги нахъасан мацIал гьарулел руго нижерго росуцояз.

1937 соналда гIадаб ахIвал-хIал лъугьун буго росулъ. Гьаб жакъа мацIал гьарун, гIадамал дандразарулел ругел чагIазул умумуз мацIалги гьарунин доб мехалда нижер умумулги туснахъ гьарун рукIарал.

Гьезул лъималазги гьебго жо гьабиларищха. Жидехъе властьги дагьа-макъалго кепкалги щунилан бокьа-бокьараб гьабизе, гIадамал инжит гьаризе хIалбихьулеб буго гьез».

Гьел такъсирал тIаде рехизе хас гьабун нужер вас щайин дол росуцояз вищаравинги гьикъун букIана ЭР-ялъ Пахрудинида.

ШугIайбов Пахрудин: «Дир васги гьесул гьалмагъзабиги дол чагIазе хIелхIедизе лъугьунарогоха. Дозда сверун рукIуна цоцаздасан мацIал гьарулел, ритIа-ритIаралъуре рортулел гьаби гIадал гIадамал.

Дида чIванкъотIун лъала дир васас ХIажимурадги ГIабдулмаликги чIвачIолъи».

Мурад ШугIайбовасул ихтиярал цIунулел руго Хасавюрталдаса адовкат ГIумаров ГIадилгерейица.

ЛъагIелгIан заман буго гьесул гьелда тIад хIалтIулелдаса. Амма букIинесеб диваналъул ва жинца цIунизе тIаде восарасул хIъакъалъулъ телефоналдасан щибниги бицине разилъичIо гьев.