Автоматалъул «эмен» вукъун вуго

Мытищи. Михаил Калашников вукъиялъул тадбир. Декабрялъул 27-билеб.

27 декабралда генераласе гьабулеб хъулухъги гьабун вукъана 95 сонил гIумруялде вахиндал хварав Михаил Калашников. Дунялалдаго цIар рагIарав ва дунялалъго пайда босараб автоматикияб къвагьулеб алат «Автомат Калашникова» тIоцебе ургъарав.
Гьев тIоцевесев ккола Москваялъул Мытищи мухъалда гьабун бугеб Улка цIуниялъул министерлъиялъул мемориалияб хабзалалъ вукъарав.

Гьенир хадур ккун рукъизе руго цIар ун улкаялъе хъулухъ гьабурал.

Михаил Калашниковгун къолъикI гьабизе рачIана россиялъул президент Владимир Путинги Улка цIуниялъул министр Сергей Шойгуги цогидалги тIадегIанал хъулухъчагIи.

Михаил Калашниковасул жаназа хабалазулъе босана бронетраспортералдаги лъун.

Рагъул тIадегIанал хъулухъчагIи росулел гIадин. Хабалъе вегьулаго гьаваялде кьвагьулебги букIана жиндицаго ургъараб «Автомат Калашниковалдасан».

Россиялда Михаил Калашников кола бищун тIадегIанав бахIарзазда гьоркьов вугевлъун.

АнцI- анI шапакъат: медалалги, орденалги руго гьесие щварал. Хабалъе восулаго аскIор лъун рукIана гьел.

Чанги къватIисел улкабазги Михаил Калашников жидергоги бахIарчилъунги цин рикIкIунев вуго.

Мисалалъе «Автомат Калашниковасул» бахъун буго Мозамбикалъул, Тимораялъул ва , Зимбабвеялъул байрахъаздаги.

Африкаялъул цо цо бакIазда Михаил Каланиковасул автоматалъул хIурматалда лъималазе цIаралги цин кьолел руго «Калаш» - ян абун.

Амма руго калашниковасул автоматалдехун батIияб бербалагьи бугелги.

Масала Los Angeles Times газетаялда бахъараб Пол Уайтфилдил макъалаялда хъвалеб буго: «Хвана 95 щугосонил гIумруялде вахиндал –«Хвел бичулев чи» .

Гьесул цIар рагIараб буго Сэмюэл Кольтильго гIадин. БакътIерхьул рахъалда машгьураб таманча ургъарав. Гьесул автоматалъ 60 гIун соналъ цогидаб бакътIерхьул рахъалъе гIакъуба кьолеб букIиналъухъ балагьичIого.

Гьесул автоматалъул сурат буго Мозамбикалъул миллияб байрахъалда гьев кола бахIарчи Жанубияб Америкаялъул наркотиказул бароназе,

Америкаялъул гангстеразул геттоялъе, Афганистаналъул талибазе, гIемерал цогидазеги.

Гьесул ярагъ буго данде лъезе жо гьечIеб ярагълъун».-ян хъвалеб буго журналистас. Гьес гьединго рачунел руго мисалал ва рикIкIунел руго Михаил Калашниковасул автоматалъ чIван хваралщиназул. Гьезул къадар миллионал руго.

Михаил Калашниковас автомат ургъанин улка цIунизелъун.

Гьесда гIайиб гьечIин хадуб ккун гьеб сундуе хIалтIизабурабали ян хIасил гьабулеб буго авторас жиндирго макъалаялъул.
«Киндай Михаил Калашниковасда паракъатаб гIумру гьабизе бажарула жиндицаго ургъараб автоматалъ чанго чи гIумруялдаса махIрум гьабулел букIинги бичIулаго?!»- ян абун суал кьун букIана нижецаги гьанжеялдаса анцIго соналъ цебе москваялъул 114 школалъул директор история кьолев Сергеев Михаилиеги.

Нижергун гарачIвариялда Михаилица хIаракат бахъулеб букIана бичIчIизабизе Михаил Калашниковас жиндирго автоматги ургъун чанго улкаялъул халкъ хвасар гьабураблъи бичIизабизе.

Мисалалъе КIудияб ВатIанияб рагъулъ бергьенлъи кквеялъе гьеб автоматалъул букIараб кIудияб кIварги ракIалде щвезабулаго.

Гьаб бакIалда ракIалде щвезаризе рокьун руго россиялъул цIар рагIарав хъвадарухъан Лев Толстоясул Евангелиялъул хIакъалъулъ абурал рагIаби:

«Евангелие хIалтIизабизе бегьула халкъалъе назмаби гьаризеги. Евангелие хIалтIизабизе бегьула тIубараб росо бухIизе багьаналъунги»-ян абурал.

Живго Михаил Калашниковасе гIадан хIисабалда гьадинаб къимат кьолеб буго гьев лъалез:

«Гьев вукIана цIакъ ламусав, гIадатияв, цIакъ тIадегIаб лъаялъул чи.
Гьевгун гарачIварулаго заман ун батулаан минутал ккун гуреб секундалккун».-
ян бицунеб буго гьесул хIакъалъулъ Алтай мохъалъул губернатор Александр Карлиница.

Россиялда Михаил Калашниковасул цIар абадияблъун гьабизе буго. Удмуртиялда бугеб ярагъ гьабулеб концерналъе кьезе буго гьесул цIар.