Пенсиязул реформа-лъикlалъейищ квешалъейищ?

Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабун буго пенсиязул реформаялда хурхараб къануналъул проект. Гьелъул аслияб концепция хисизабун гьечIо, амма руго гьелда кIвар бугел хиса-басиял гьарунги. Гьезда рекъон, хIалтIул пенсия бихьизабизе буго хасал балазде балагьун. Щал жал кколел гьел баллал ва кин гьел ракIарулел? Щиб ккараб пенсиязул реформа гьабиялъего гIиллалъун?
Гьаб программа байбихьилалде цебе нижеца хIукму гьабуна жидер букIинисеб материалияб рахъалда хурхун улкаялъул тIалъиялъ гьарулел ругел къотIиязул, реформабазул яги хиса-басиязул дагъистаниязда лъалеб жо бугищали цIех-рех гьабизе. Нижеца суалал кьолел рукIана аслияб къагIидаялда гьел хиса-басиял жидее бачIине бугеб пенсиялда хъинтIизе ругел 1968 соналъ ва гьелдаса хадур гьарурал гIадамазе. Гьезул гIемерисезда щибниги лъалеб гьечIо цIияб реформаялъул хIакъалъул ва цо-цоязул хIатта хьулгицин гьечIо пачалихъияб пенсиялда.

ГIинтIамизин гьезул жавабазухъ

Your browser doesn’t support HTML5

пикраби


Гьанже Россиялда гIумру гьабулел гIадамазе пенсия щвезе ва хIатта гьелъул къадар баккизабизегицин захIмалъулеб буго, хасго харжги дагьаб захIматаб хIалтIи гьабулел чагIазе.

Талат къоялда улкаялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабурал «Заман щведал кьолеб пенсия» ва «Нахърателалъулаб пенсия» абулел къануназул проектал къуваталде лъугьине руго 2015 соналъул 1 январалда. Гьебго соналъул 31 декабралде щвезегIан улкаялда гIумру гьабулел гIадамаз къотIизе ккола жидер пенсиялъул нахъарателалъулаб бутIаялда хурхараб хIукму.
Рес буго гьелдаса инкар гьабизе. Гьеб мехалда гьеб бутIаялде унеб букIараб тIолабго гIарац ай 6 % рехула заман щведал кьезе бугеб пенсиялъул бутIаялде тIаде.
Гьединго рес буго гьеб 6% пачалихъиял гурел пенсиязул фондазде кьезе яги гьелъул инвестициял гьаризе. Гьеб мехалда рес буго гьеб хIалтIизабун гьелде тIаде хайир бачIинабизе, гьединго гьеб билиялъул хIинкъиги камун букIунаро.

Херлъидал пенсия щвезе ккани чияс бакIаризе кколеб буго 30 балл. Гьединго цIикIкIинабун буго пенсия щвезе ккани хIукуматалъе хIалтIизе кколел соназул къадарги. Цебе гьеб щуго сон букIун батани, гьанже гьеб бахинабулеб буго 15 соналде. Гьанибго абизе ккола гьеб заман хъващтIан 15 соналде бахинабулеб гьечIин, гьеб гьелде бахине буго 10 соналъул болжалалда жаниб. Масала, 2016 соналъ пенсиялде унев чиясул хIукуматалъе хIалтIараб заман 6 сон букIине кколеб буго ва баллазул къадар букIине кколеб буго 6,6, тIасияб соналъ тIадеги лъагIел жубан, гьедин 10 соналда жаниб цIикIкIинаризе руго гьел сонал, гьедин 2025 соналде тIурала гьеб реформаялъул киналго шартIал.

Щибав чиясе пенсиялъул хасаб коэффициент бакIкIизабиялъул хIалтIи бигьаяб иш гурин ва пенсия рикIкIунел чагIазул къадарги гIемерго цIикIкIинабизе ккеларищан абураб пикру загьир гьабулеб буго МахIачхъала шагьаралъул админисрациялда хIалтIулей ГIалимирзаева Зайнабица. Амма гьелдаги лъалеб гьечIо жиндие бачIине бугеб пенсиялъул къадар ва гьеб гьелъие бакIкIизабизе бугеб куц.

Your browser doesn’t support HTML5

ГIалимирзаева Зайнаб


Щибха кколеб гьанже пенсия бихьизабизе ракIаризе кколел баллазул система?

Цебе пенсиялъул нахърател гIарацулъ букIун батани, гьанже гьеб букIине буго баллазулъ яги коэффициентазулъ. Жубай бахъиязул бицинчIого, къокъаб хIасил гьабун абуни, моцIрое 17 азаргогIан гъурущ бачIунев чиясе лъагIалие щолеб буго кIиго балл. Баллазул къадар бараб букIуна чиясе щолеб харжалъул къадаралда. ЛъагIалие бищунго цIикIкIун 10 балл гурони кьезе ихтияр гьечIо харж кинаб букIаниги. ЛъагIалие 10 балл щолев чияс пенсия щвезе гъоркьбакI лъабго лъагIалида жаниб хIадуризеги рес буго.

17 азарго гъурщидаса гъоркье харж бугев чиясе хIалтIул 15 сонги гIезе гьечIо 30 балл бакIаризе.
Амма пенсиязул реформа кигIан какулеб бугониги гьеб гьабичIого рес гьечIин рикIкIунеб буго экспертаз.

Щай къваригIун бугеб пенсиязул реформа?

Россиялда гIумру гьабулеб 143 млн чиясда гьоркьов 40 млн. вуго пенсионер. Щибаб лъагIалица улкаялъе камулев вуго хIалтIулеб ригьалъул 1 млн. чи. Жакъа къоялде цо пенсионерасде данде хIалтIулев чиясул къадар кIигоцин гIолеб гьечIо ва гIемер кватIичIого цо пенсионерасде данде вукIине вуго цо хIалтIулев чи ва хIалтIулел гIадамазда кIвезе гьечIо пенсионерал хьихьизе.

Экспертазул пикруялда, жакъа къоялде пенсионияб системаялъул гьедингоги дефицит бугеб бюджет тIубанго банкроталде ккечIого букIине гьабулеб буго гьеб реформаги.
Гьеб реформаялъул буго кIиго рахъ: цояб гIадатиял гIадамазе кколеб ай Пенсиязул фондалде жидер харжалдаса бутIа кьолел чагIазда, цогидаб- жидер хIалтIухъабазул рахъалдаса пенсиязул фондалде гIарцул бутIа кьолел идарабазда ай страхователазда.

Идарабазул бицани, хIалтIухъабазул рахъалдасан гьез Пенсиязул фондалде кьола хIалтIухъанасул лъагIалил харжалъул 22% гIанасеб гIарац. Гьеб гIарацги чиясул харжалдаса гъоркь кколаро, гьеб кьола харжалъе бихьизабураб гIарцул фондалдаса. Гьединаб процент кьолеб бищунго кIудияб харж 2014 соналде ккола 624 азарго гъурущ. Гьелдаса цIикIкIун щолеб харжалда тIад лъола 10% магъало.

ГIагарал соназда цIикIкIине буго гьеб магъало лъолеб харжалъул къадарги жибго магъалоги. Масала 2021 соналде гьединаб харжалъул къадар миллионалдаса цIикIкIараб букIине буго ва жибго магъало бахине буго 26%. Гьедин бизнесалъе гьабулеб социалияб тIадецуй лъалаго цIикIкIине буго.

Пачалихъияб хIалтIуда вугев чиясул харжалъул 22%-да бащадаб гIарац чи хIалтIулеб идараялъ кьола Пенсиязул фондалде, гьелъул 6% уна пенсионеразе пенсия кьолеб бутIаялде. Чиясул букIинисеб пенсиялъул бутIаялде уна 16%.

Ахираб 10 соналъ гьеб 16 проценталъулги 10% унеб букIана чиясул пенсиялъул бутIаялде 6% унеб букIана нахърателалъул бутIаялде.

Гьеб нахърателалъул бутIа кьезе рес букIана пачалихъиял гурел пенсиязул фондалде яги цоги гьеб хIалтIизабизе бажарулел компаниязде. Гьел компанияз гIадамазул бакIалда гьеб гIарцул инвестициялги гьарун тIадеги гьеб цIикIкIинелъун гьеб хIалтIизабизе. БукIана цоги ресги. Гьеб 6% лъезе бегьулаан «Внешэкономбанкалда» гьениб гьеб хисичIого цIунун букIинелъун.

Гьанже гIагараб кIиго соналда жаниб ай 2015 соналъул ахиралде щибав чи ургъизе ккола гьеб нахърателалъулаб бутIа киб лъелебин абураб суалалда тIад. Гьелдаса инкар гьабуни, гьеб уна пенсиялъул аслияб бутIа унеб фондалде.

Кинха гьабун лъикI? Нахърателалъул бутIа батIа гьабунищ лъикI гьабичIогунищ? Гьеб суалалъе жаваб щибав чияс жинцаго кьезе кколин рикIкIунеб буго экспертаз, щайгурелъул гьезда гьоркьобги гьеб суалалда хурхун цо ккураб пикру гьечIого.

Цо-цояз рикIкIунеб буго гьеб нахърателазул бутIа тIубанго нахъе бахъизе кколин, гьелдаса щолеб хайирги гьелде тIаде бачIунеб гIарацги цIакъго мукъсанаб гурони гьечIин абун. Гьезго рикIкIунеб буго кинабго гIарац Пенсиязул фондалде кьуни пачалихъалъ гьеб цIунизе гарантия кьолин.

Цогияз рикIкIунеб буго нахърателалъулаб бутIа ирсалъе тезе бегьулеб букIиналъулъ бугин гьелъул хайирин.

Бугищха гьеб реформа цIакъго кьварараб?

Абизе кIола хIалтIухъ пенсия кьолел шартIал кьваризарун ругин. Цебе гьеб кьолеб букIана бихьиназе 60 сон ва руччабазе 55 сон бараб мехалда гьел щуго соналъ пачалихъалъе хIалтIун ругони. Гьанже шартIал цIикIкIинарун ва кьваризарун руго.

Цо бугони, гьанже пачалихъалъе хIалтIизе ккола бищунго дагь 15 соналъ. Гьелде тIадеги щибав чиясе гьабулеб буго пенсиялъул коэффициент яги балл. Пенсия щвезе ккани хIажалъулеб буго 30 балл.

Гьеб къануналъул проект къабул гьабулаго Пачалихъияб Думаялъул депутатаз рикIкIун буго харж дагьаб букIиналъ 2 миллионгун 500 азарго чиясда кIвезе гьечIин жидеего пенсия щвезе къваригIарал шартIал рукIинаризейин. Гьелда хIинкъи буго Дагъистаналъул пачалихъияб Университеталда хIалтIулей мугIалим МухIамадова Разиятилги.

Your browser doesn’t support HTML5

МухIамадова Разият


Экспертаз кIвар буссинабулеб цоги хIужжалъун ккола чиясе пенсиялъулаб балл рикIкIине ругел рихьизариял гIага-шагаргосел рукIиналде ва абулеб буго хIакъикъияб баллалъул багьа чIезабулеб къагIида киназдаго бичIчIулареб ва цо-цо нухалда балъгоябцин букIине рес бугин.

Гьединаб реформа гьабиялъе букIараб гIиллалъун пачалихъиял экспертаз бихьизабулеб буго Пенсиязул фондалъул бюджет «баланс» бугеблъун гьаби.

Гьелъул магIна ккола экономия гьаби абураб жо. Масала 2015 соналде гьабизе бихьизабун буго 99,7 млрд гъурщил экономия, 2016 соналде 202,3 млрд гъурщидаса цIикIкIун, 2017 соналде гьеб эконмиялъул къадар бахине рагIула 336,6 млрд гъурщиде, 2018 соналде абуни- 498,2 млрд гъурщиде.
Депутатаз гьединго цIунун буго хIалтIулел ругел пенсионеразе щибаб лъагIалица пенсиялъул коэффициент цIидасан рикIкIунеб ихтиярги.