15 соналъ халат бахъараб диван

Daghestan -- Supreme Court of Daghestan, undated

25 декабралда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналда хал гьабуна БежтIаса жамгIияв хIаракатчи МухIамад Къебедовасул гIарзаялъул.
Гьес дагIба балеб буго исана 11 ноябралда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ къотIараб хIукмуялда. Къебедовас гIарза хъван буго республикаялъул прокуратураялда тIасан.

БежтIа мухъалда къанунал цIунунгутIиялда хадуб прокуратураялъ халккунгутIиялъ прокуратураялъе тамихI гьабеян гьарулеб буго гьес. Советский мухъалъул диваналъ инкар гьабуна гьелъие.

МухIамад Къебедов: «Анлъго нухалъ ТIадегIанаб диваналда хал гьабуна гьеб гIарзаялъул. 15 сон унеб буго гьелдаса нахъе. Гьебщинаб мехалда анибе рехун, добе рехун тун букIун, ахиралда цIех-рехчияс хIукму гьабулеб буго «в связи с отсутствием состава преступления и истечением срока» абун.

БетIер гьечIев чияс гурони гъодинаб хIукму гьабулебищ? Гьеб хIукму нахъбахъизелъун анкьго нухалъ гьабуна диван. Гьединаб юргъаялда хIалтIулел ругонани, рилълъин кинабха букIинеб?».

Прокуратураялда тIасанго гIадин Къебедовас диваналде гIарза хъван букIана цIех-рехалъул комитеталда тIасанги. Гьенив гьев бергьун вукIана.

МухIамад Къебедов: «Гьел кIиялго (прокуратураги цIех-рехалъул комитетги) гIамал-хасият рекъарал руго. КIиязулго цого тохлъиги буго. ТIаса-масаго хIалтIулел руго. Жидее рокьулел чагIазул ихтиярал руго цIунулел. ГIадлуйин абураб жо билълъанхъулеб гьечIо.

Щайин абуни гIадлу билълъанхъизабизе тIамурал чагIи жалго жуликал руго. Гьеб мехалда кин гьеб билълъанхъилеб? Москваялде щвезегIан сундухъго ришваталги кьезе кколел руго.

Масала, НахIада росулъ нух бахъиялъул суал цойиде ккезабизе кIоларого унеб буго I5 сон. Россиялъул президент Путинихъе щвезегIан гIарзабиги руго хъвалел. Нух бахъарал цоял, гIарац бикъарал цогидал руго. Гьел тамихIалде цIачIого хутIулел руго».

25 декабралда ТIадегIанаб диваналда къуниги, Къебедов МухIамадида ракIалда буго тIадехун идарабазде гIарзаби хъвазе.