Дагъистаналда унеб соналъул жамгIиялгун политикиял хIасилал гьаруна

The office of Chernovik paper

Талат къоялъ МахIачхъалаялда «Черновик» газеталъул редакциялда тIобитIана «2013 соналъул жамгIиялгун политикиял хIасилал» абураб данделъи. Политиказ, хIакимзабаз, политологаз ва журналистаз гьоркьор лъуна тIаса унеб соналъул хIасилал.
ЛъагIалил ахиралда щибаб жоялъул хIасилал гьарулеб гIадатги хIисабалде босун, «Черновик» газетаялъ «2013 соналъул жамгIиялгун политикиял хIасилал» абураб цIаралда гъоркь талат къоялъ данделъи гIуцIана. ГIахьаллъи гьабуна батIи-батIиял мухъазул нухмалъулез, жамгIиял гIуцIабазул вакилзабаз, политикиял партиязул ваклизабаз, социологаз, экономистаз ва политологаз.

Данделъиялде рачIана гьединго республикаялъул хIукуматалъул вице-премьер Абусупьян Хархаров ва МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулесул ишал тIуралев МуртазагIали Рабаданов.

Цере лъолел аслиял суалал рукIана хадусел: араб соналъул кинал лъугьа-бахъинал рикIкIунел нужеца аслияллъун, гьезул кинал лъикIал ва кинал квешаллъун, кинал гьаризе ракIалде рукIарал ишал гьарурал ва кинал рагIалде рахъинаричIого хутIарал ва щай хутIарал?

Данделъи рагьулаго, гьеб бачунезул цояв, «Черновик» газеталъул экономикияб бутIаялъул мухбир Эдуард Уразаевас бицана, гIаммаб къагIидаялъ экономика араб соналъ цебетIунин. 2012 соналда данде ккун, гьаб соналъ экономика 11 % цебетIунин бицана гьес.

ХIукуматалъул вице-премьер Абусупьян Хархаровас араб соналъул хIасилал гьарулаго бищунго кIвар бугеб лъугьа-бахъинлъун рикIкIана республикаялда тIалъи хисин, ай, январалда МухIамадсалам МухIамадов хисун Рамазан ГIабдулатIипов вачIин. ХутIарал жамгIиялгун политикиял лъугьа-бахъинал, А. Харахаровасул рагIабазда рекъон, рукIана гьелда рухьарал.

Политикияб гIурмуялъулъ кIвар бугеб, цIияб тIалъиялъул лъикIаб рахълъун гьес рикIкIана тIалъиялда «централизация» гьабизе кIвей. «Цереккун жалго жидеего чIарал, республикаялъул тIалъиялъухъ гIинтIамуларел, хIатта дандецин къеркьолел рукIарал шагьаразул ва мухъазул нухмалъулел гьабсагIаталда киналго президентасул командаялда хIалтIулел руго, данде кколарел чагIи нахъе ритIун руго», - ян бицана А. Хархаровас.

Гьединго гьес бицана кIвар бугеб лъугьа-бахъин кколин президентас 10 тIасабищараб, республика цебетIезабиялъул проект гIуцIи. Экономикаялъул бицунаго рехсана Каспийскиялъул цIорол завод.

Миллиардер Сулейман Керимовас гIарац биччан балеб букIараб гьеб завод хIалтIизе биччана исана.

Гьабизе бажаричIеб хIалтIулги бицана вице-премьерас. Гьесул рагIабазда рекъон, республикаялъул нухмалъиялъе щолеб гьечIо гIураб къадаралъ федералияб централдаса кумек. «ТIоцебе гIемергощинаб кумек гьабизе бугин рагIи кьун букIана, амма гьанже гьеб гIураб къадаралъ щолеб гьечIо.

Аслияб къагIидаялъ хасал федералиял программабазда рекъон республикаялъе гьабизе бегьулеб букIараб кумек щолеб гьечIо», - ян бицана А. Хархаровас.

Араб соналъул хIасилал гьаруна гьединго МахIачхъалаялъул мэрасул хъулухъ тIубалев МуртазагIали Рабадановасги. Гьесул рагIабазда рекъон, араб соналъ ракIалде рукIарал гIемерал ишал рагIалде рахъинаричIого хутIана.

1 июналъ ккун арав Саид Амировасул бакIалде вачIарав М. Рабадановас бицана бищунго кIвар бугеб суал бугин ракьул суал, гьеб роцIцIине гIемераб заман къваригIунин. Гьединго бицана шагьар балаго гIемерал гъалатIал рагьун ругин ва цо-цо бакIазда щибниги хисизабизе кIолеб хIал гьечIин.

«МахIачхъалаялда руго газ бачинчIелцин бакIал, щайгурелъул къойидаса къойиде цIи-цIиял бакIал ралаго гIадамаз, газ бачулел чагIи гьезда хадур гъолел гьечIо», - ян бицана мэрасул хъулухъал тIуралес.

Гьединлъидал, шагьаралъул цIияв нухмалъулес бакIал раялъе ихтиярал кьолел гьечIо гьабсагIат.

ЛъикIал рахъал рехсолаго М. Рабадановас бицана кIвар бугеб гали бугин президентасул хIаракаталдалъун гIумруялде бахъинабулеб «Экономика бацIцIад гьаби» абураб проект.

ХIасилал гьаруна гьединго жамгIиял хIаракатчагIазги. ЖамгIияб палатаялъул вакил Шамил Хадулаевас данделъиялдаса хадуб «Эркенлъи» радиоялъул мухбирасе гьадинаб баян кьуна:

Шамиль Хадулаев: «Дица рехсезе руго дир хIисабалда аслиял политикиялгун жамгIиял лъугьа-бахъинал. Дир хIисабалда, аслияб лъугьа-бахъин букIана январалда республикаялъул нухмалъулев хиси.

Гьеб лъугьа-бахъиналъ асар гьабуна хутIараздаги. КIибилеб – гьеб ккола республикаялъул нухмалъи хисигун бакI-бакIазда мухъазул ва шагьаразул нухмалъи цIигьаби.

Халкъалъул гIемерисезул гIарзал рукIана бакIалъул нухмалъулез хIалтIи гьабулеб гьечIин, ахир къадги тIалъиялъ бихьизабуна бокьани гьезда асар гьабизе кIолеблъи.

Лъабабилеб кIвар бугеб лъугьа-бахъин букIана МахIачхъалаялъул мэр жанив тIами. Гьел кIудияб асар гьабуна политикияб гIумруялда. Данделъиялдаги гьелъул бицана, дицаги гьедин рикIкIуна. ЖамгIияб гIумруялда кIвар бугеб лъугьа-бахъин букIана ноябралда тIобитIараб тIоцебесеб тIолго Дагъистаналъул гIолилазул съезд.

Нижеца ЖамгIияб палатаялъ гьабун букIана гьелъие кIудияб хIалтIи, щайгурелъул гIолилазул къадар буго нилъер гьаниб 50%, амма гьел рихьулеб рагIулеб бакIго гьечIо».

Данделъиялда гьединго бицана араб соналъ цебеселда данде ккун криминалияб ахIвал-хIал хIалуциналъул хIужаги. Вице-премьер Хархаров гьелда разилъана, амма бицана ахираб заманалда халкъалъ жидецаго дандечIей гьабулеб бугин такъсирчагIазе.

Мисалалъе гьес бачана полициялдаса лъутулев яргъид гIуцIарав гIадатияв таксистас чIезавиялъул хIужа. Гьелдаго цадахъ А. Хархаровас бицана республикаялъул нухмалъулезул дагьал ругони ресал гьечIин криминалияб ахIвал-хIалалда асар гьабизе, щайгурелъул киналго республикаялда ругел къуваталъул идараби ругин гIицIго Москваялъе мутIигIлъулел ва гьезул буюрухъалдалъун хIалтIулел чагIи.