Pussy Riot абулеб панк-группаялъул цойги гIахьалчIужу Надежда Толоконникова эркенлъуде йиччан йигоан гьалкъояз Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ лъазабураб амнистиялда рекъон.
Цее эркенлъуде йиччан йикана рехсараб къукъаялъул цогидай гIахьалчIужу Мария Алехина.
Гьелъ мухбирзабазде лъазабуна жий хIадурай йикIанин болжал ахиралде щвезегIан туснахъалда заман базе, ва тIаде жубана гьеб амнистия гурин – гьеб бюури бугин.
Алехинил хIисабалда Россиялъул Конституция къабуо гьабуралдаса 20 сон тIубаялда хурхун гьабураб амнистия лъазабун бугин Сочиялъул Олимпиадаялъе халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ бойкот гьабунгутIи мурадалда.