Германиялъул тахшагьаралда Берлиналъул къедалъул музеялда гьатIан къоялда тIобитIана Михаил Ходорковскиясулгун пресс-конференция.
Ходорковскияс лъазабуна, жиндир планалда гьечIин политикаялда гIахьаллъизе ва жив гIахьаллъизе вугин жамгIияб хIаракатчилъиялдайин.
ЮКОС компаниялъул вукIарав бетIерас лъазабуна, жив къеркьезе вугин туснахъазул ихтияразухъин. «Дун рикIкIине бегьуларо политикиял туснахъал хутIун гьечIолъиялъул символлъун. Дица бажарарабщинаб гьабизе буго гьединал хутIунгутIиялъе..» - ян лъазабуна Ходорковскияс.
Гьесулго рагIабазда, гьев нахъ вуссине вуго Россиялде, нагагьлъун ТIадегIанаб диваналъ гьесдасаги Платон Лебедевасдасаги ЮКОСалда хурхараб тIоцебесеб ишаллда бан гIунтIизабураб гIайиб тIаса бахъани.
Ходорковскиясда ракIалда гьечIо бизнесалде нахъ вуссине. «Дир финансазул хIалалъ дие бихьизабулеб гьечIо бизнес билъанхъизабиялъул къварагIел.» - ян лъазабуна ЮКОСалъул вукIарав бетIерас.
Олимпиадаялда хурхараб суалалъе жаваб кьолаго, гьес абуна, гьеб кколин спортивияб байрамин, гьединлъидал миллионазул байрам хвезабизе бегьуларин.
Ходорковскияс гьединго лъазабуна журналистазда, жив гIайибияв вукIиналъе мукIурлъичIого жинда тIаса тамихIалъул хутIараб болжал нахъе бахъиялъул хитIаб хъваялъул рес букIиналъул хакъалъулъ жинда лъанин жиндирго адвокатаздаса 12 ноябралдайин.
20 декабралда Ходорковский эркен гьавуна Путинил буюриялда рекъон. Гьелъул хIакъалъулъ президентас лъазабун букIана Москваялда пресс-конференция лъугIун хадуб.
Шамат къоялда ЮКОСалъул вукIарав нухмалъулев Германиялда данчIвана жиндирго гIагаралгун.
Ходорковский аресталде гъоркье восун вукIана 2003 соналъул октябралда. Гьесие диваналъ бихьизабураб тамихIалъул болжал рагIалде бахъине кколеб букIана 2014 соналъул августалда.