Евроцолъиялъул къватIисел ишазул идараялъул бетIер Кэтрин Эштоница Минск ахIулеб буго чIваялъул тамихIалъе мораторий лъазабиялде.
Хамис къоялда тIибитIизабураб лъазабиялда Эштоница абулеб буго, талат къоялда Минскалъул диваналъ тамихIалъул тIадегIанаб даража къотIанин 53 сон барав Эдуард Луковасе. Ноябралда гьев рикIкIун вукIана гIайибиявлъун щуго чи чIвалъе.
Эштонил рагIабазда, такъсиралъул захIмалъиялде балагьунцин, гIайиб гIунтIизабулев чIваялъул диваналъул хIукму битIараблъун рикIкIине бегьуларин. Беларусь Европаялда ккола цого-цо улка гьединаб тамихI хIалтIизабулеб.
Гъоркьиса Беларусалда гьединаб тамихI гIумруялде бахъинабуна лъабго чиясда хурхун.