Михаил Ходорковский эркен гьавизе бегьула

Россиялъул президент Владимир Путинил хиял буго ЮКОС компаниялъул вукIарав нухмалъулев Михаил Ходорковскиясул жив эркен гьавиялъул хит1аб позитивияб къагIидаялда рагIалде бахъинабизе.

Путиница гьединаб лъазаби гьабуна Москваялда тIобитIараб кIудияб пресс-конференциялда хадуб.

Гьеб галиялде жив унев вук1иналъул бицунаго, гьес абуна, жинца гьеб документ гъулбасулеб бугин гуманитариял гIиллабазин, ай, Ходорковскиясул эбел унтун йикIиналъ ва гьес гьанжеялде туснахъалда 10 сон бахъун букIиналъин. «Гьеб захIматаб тамихI ккола.» - ян лъазабун буго Путиница.

РАПСИ агенлъиялъул лъазабиялда рекъон, адвокат Вадим Клювгантица лъазабун буго, Ходорковский цIунулел юристазда гьес гьединаб гIарза кьун букIиналъул хIакъалъулъ лъаларин.