Парламенталъ тасдикъ гьабуна президентасул амнистия

Россиялъул Конституциялъе 20 сон тIабаялда бан лъазабулеб президентасул амнистиялъул проект тасдикъ гьабуна Пачалихъияб Думаялъ арбагI къоялда.

Документ къуваталде бачIине ккола анкьалъул ахиралда, официалиял информалатазда бахъарабго. Гьеб документалда рекъон, амнистия хъвазе буго гьитIинаб яги гьоркьохъеб такъсир гьабиялъе гIоло туснахъазда ругезда ва гьединал такъсирал гьариялда бан цIех-рех унел гIадамазда.

Амнистия гьабизе буго гьединго балугълъиялде рахинчезе, инвалидазе, лъимадуе ругел руччабазе ва балугълъиялде рахинчIел лъималазул улбузе.

БатIи-батIиял къиматазда рекъон, гIаммаб къагIидаялда амнистиялде гъоркье ккезе бегьула 10-азаргоялда 20-азаргоялде щвезегIан чи. Гьездаго гъорлъ «Гринпис» гIуцIиялъул «Арктик санрайз» гамаялъул экипажги, жанир ругел Pussy Riot панк-группаялъул ясалги ва «болотная ишалъул» цо-цо фигуранталги.

Инсанасул ихтиярал цIунулез ва оппозициялъ гьеб амнистия какулеб буго, амнистия хъвалел такъсиразул сияхI къокъаб букIиналда бан.