Украиналъе газалъул багьа годобе бахъулеб буго

Украиналъул президент Виктор Янукович дандчIвана Москваялда россиялъул президент Владимир Путингун. Гьезул кIалъа-басаязул аслияб суал хурхараб букIана энергетикиял проблемабазда.

Рахъал цо пикруялде рачIун руго Россиялъ Украиналъе бичулеб газалъул багьаялда хурхун.

«Газпромалъги» «Нафтогазалъги» къабул гьабун букIараб контракталде тIаде жубан буго газалъул кубометралъухъ 268 долларалде щвезегIан багьа дагьлъизабиялда хурхараб къотIи-къай. ГьанжелъезегIан гьелъул багьа букIана 400 доллар.

Путинил рагIабазда, Таможенияб цолъиялде гъорлъе Украина лъугьиналъул суал гьоркьоб лъечIо.

Украиналъул оппозиция хIинкъун букIана гьеб гара-чIвариялда гьезул президентас Киев Таможенияб цолъиялде гъорлъе лъугьиналъул къотIи-къаялда гъоркь гъулбас лъезе бегьиялда бан. Оппозициялъ жидерго рахъ ккурал ахIана талат къоялъул маркIачуда Лъиданиги БачIоголъиялъул майданалде ракIариялде.

21 ноябралдаса байбихьун Киевалда тIобитIулеб буго евроинтеграциялъул рахъ ккуразул акция. Ахирисел къоязда киевалъул майданалде рахъана гьединго Евроцолъигун гIагарлъиялде данде ругелги.