Парламенталъ гьоркьоб лъолеб буго амнистиялъул къануналъул проект

Россиялъул Конституциялъе 20 сон тIубаялда хурхун амнистия гьабиялъул къануналъул проект тасдикъ гьабун буго Пачалихъияб Думаялъул комитеталъ.

Президент Владимир Путиница Думаялда цебе лъураб къануналъул проекталда рекъон, амнистия хъвазе ккола гьитIинаб яги гьоркьохъеб захIмалъиялъул такъсир гьабурал туснахъазда ва гьединал ишазда хурхун цIех-рехал унел гIадамазда.

Гьединаб амнистия гьабулеб бугони, гьеб гьединго хъвалеб буго балугълъиялде рахинчIел инвалидазда, лъимадуе ругел яги балугълъиялде рахинчIел лъимал ругел руччабазда.

Ахирисеб цIалиялда Думаялъ къанун къабул гьабизе бегьула 18 декабралда.

Инсанасул ихтиярал цIунулез какана гьеб проект, гьеб гIуралъ гIатIидаб гьечIин абун. Гьезда ракIалда буго протесталъул акцияби тIоритIизе.