«Евромайданалде» щвана Америкалъул сенаторал

ГьатIан къоялда Киевалда «евромайданалде» щварал Америкалъул сенаторал Джон Маккейница ва Кристофер Мерфица лъазабуна Америкалъ рахъ кколеб бугин евроинтеграциялде украиналъулазул бугеб гъираялъулин.
Майдан Незалежностиялда ракIараразда цебе Маккейница абуна жал гьанире рачIун ругин букIинисеб эркенго ва демократияб къагIидаялда тIаса бищизе Украиналъул бугеб ихтияралъул рахъ ккунин. Улкаялъул тIалъи гьес ахIулеб букIана жидерго пикру рагьун ва ракълида загьир гьабизе халкъалъул бугеб ихтияр цIунизе.
Информалатаз лъазабулеб буго гьатIан къоялда майданалде бакIарараб «халкъияб шураялъ» къабул гьабунин Рухсаялъулаб ай Таможнялъул Цолъиялде лъугьине гьечIолъиялъул ва политикиял туснахъал эркен гьариялъул резолюция. Низам цIунулезул баяназда рекъон, гьеб акциялда гIахьаллъун вуго 18 азарго гIанасев чи. Оппозициялъ лъазабулеб буго гьенив 200 азаргогIан чи вукIанин.
ГьатIан къоялда Киевалъул Европейский абулеб майданалда тIобитIулеб букIана президент Виктор Януковичил ва гьесул хIукуматалъул рахъ ккураб митингги.

Гьебго заманаялда Еврокомиссиялъул гIахьалчи Штефан Фюлеца Твиттералда хъван буго Украинагун ассоциациялъул къотIи хъваялъул иш Евроцолъиялъ чIезе толеб бугин. Гьаб анкьалда Брюсселалда Украиналъул тIоцевесев вице-премьер Сергей Арбузовгун дандчIван вукIарав Фюлеца хъваралда рекъон, Украиналъул президентас бицунебги гьабулебги батIи-батIияб буго. Гьеб суалалда сверун кIалъа-ралъаял халат рахъинариялъул иш гьанже бараб букIине буго гьелда гъоркь гъулбас лъезе Украиналъул бугеб мурадалда. Гьедин хъвалеб буго Фюлеца.
Киевалда ва Украиналъул цоги шагьаразда евроинтергациялъул рахъ кколезул акциял байбихьун рукIана 21 ноябралда. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана ЕвроЦолъигун ассоциациялъул къотIи хъваялъул иш хIукуматалъ заманаялъ чIезе тей.