Китаялъ Моцlроде тlаде аппарат биччан буго

МоцIрода тIад свердулеб тIоцебесеб Китаялъул модуль рещтIун буго гьелде тIаде шамат къоялда. Компьютералъул графикаялъул кумекалдалъун Пекиналъул космосалде гьарурал рорженазе нухмалъи гьабулеб централдасан гьеб процесс бихьизабулеб букIана телевидениялъ.
«Чанъэ-3» абулеб космосалъул гама боржун букIана 12 къо цебе. Гьелда тIад букIана «Юйту» абулеб анлъго гьакибер бугеб аппарат. Гьелда кIола лъабго моцIалъ МоцIрода тIад ва ракьулъ ругел магIданазул цIех-рех гьабизе.