Россиялъул президент Владимир Путиница 12 декабралда 10-билеб нухалда гьабулеб букIана Федералияб Мажлисалде хитIаб. Исана гьеб хурхинабун букIана улкаялъул Конституциялъе 20 сон тIубаялда. Гьелда сверун Путиница абуна инсанасул ихтиярал ва эркенлъаби цIуниялъул рахъалъ улкаялъул Аслияб къануналъул рихьизариял хиси гьечIел рукIине кколин, амма Конституциялда хиса-басиял гьаризе бегьулин ва цо-цо мехалда гьел чара гьечIого хIажаталги рукIунин.
Гьес рахъ кколеб буго улкаялда политикияб конкуренция цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ багъа-башари гIатIид гьабиялъул.
Миллатазул гьоркьорлъабазул бицунаго президентас ахIулел рукIана Россия
«аморалияб интернационализмалдаса» цIунизе. Гьесул пикруялда, гьелъулъ рагIула халкъазда гьоркьор конфликтал рижиялъе гIилла.
Путинил рагIабазда рекъон, гьелде гьоркьоре унел руго чияр гIадатазул адаб гьабуларел гIадамал-гьездаго гьоркьор «Россиялъул жанубияб рахъалдаса гIадамалги», «такъсирчагIаз ричун росарал низам цIунулелги», «гIурусазул миллатчагIи абулел чагIиги».
Президентасул пикруялда, гьел киназго «бидулал тунка-гIусиязе» къали бухулеб буго.
Улка экономикияб рахъалъ нахъе ккейги къватIисел гурел жанисел гIиллабазда бараб бугин абуна гьес. Гьесул пикруялда, лъикIлъизабизе кколеб буго улкаялда инвестициязул климат.
Гьес кIвар кьуна социалиял, сахлъи цIуниялъул, лъай кьеялъул, гIелмуялъул суалазеги. Путинил пикруялда, Россиялда гIадатияб ишлъун букIине кколеб буго лъабго лъимер бугеб хъизан.
Путинил каламалъухъ гIенеккун вукIана Кремлалде ахIарав азарго гIанасев чи. Гьезда гьоркьор руго парламентариялги, регионазул бутIрулги, министралги, диванчагIиги, диниял лидералги.