Талат къоялда Норвегиялъул тахшагьар Ослоялда тIобитIизе буго 2013 соналъул Нобелил премия кьеялъул тадбир. Ракълил рахъалъ гьеб премиялъе исана мустахIикълъун буго Химикияб ярагъ гьукъиялда сверун идара. Гьелъ нухмалъи гьабулеб буго Шамалда гьукъараб химикияб ярагъ тIатинабиялъул ва гьеб тIагIинабиялъул операциялъе.
Гьеб идара гIуцIун букIана 1997 соналда химикияб ярагъ гьукъараб Конвенция къуваталде лъугьараб мехалда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул инициативаялда рекъон.
Медициналъул, физикаялъул, химиялъул, литератураялъул ва экономикаялъул рахъалъ Нобелил премияби кьола Стокгольмалда. Щибав лауреатасе щола цо миллионгун 200 азарго доллар.