Киевалда милициялъ риххизарулел руго оппозициялъул чIовудабакIал

Украиналъул оппозициялъул лидераз лъазабулеб буго милициялъ байбихьулеб бугин жидеца Киевалъул къватIазда лъурал чIовудабакIал риххизаризеян. Гьедин лъазабулеб буго «Интерфакс-Украиналъ».
«Баткивщина» абулеб парламентияб фракциялъул лидер Арсений Яценюкица лъазабуна Евромайдан гIуцIаразул позиция хисун гьечIин. «Нижеца кьабизе гьечIо цониги милициясда, нижеца хIалтIизабизе гьечIо къуват, нижехъ гьечIо кинаб букIаниги ярагъ яги дандечIей гьабизе цоги алатал. Низам цIунулез къуват хIалтIизабуни, гьелъул хIасилал кинал рукIине ругелали лъаларо»,-ян абуна Яценюкица.
Украиналъул тахшагьаралда хIукуматалъул квартал сверун ккурал демонстрантазда ракIалда гьечIо гьениса нахъе ине. Президентасул администрациялде, парламенталде ва хIукуматалъул минаялде аскIоре унел нухал къан руго нус-нус чияс.
Киевалда ва Украиналъул цоги шагьаразда евроинтергациялъул рахъ кколезул акциял байбихьун рукIана 21 ноябралда. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана ЕвроЦолъигун ассоциация гьабиялъул къотIи хъваялъул иш заманаялъ чIезабизе хIукуматалъ хIукму гьаби.