Централияб Африкаялъул республикаялда – динияб питна

Централияб Африкаялъул Республикаялда насраниязда ва бусурбабазда гьоркьоб гьалкъояз багъарараб питнаялъул хIасилалда лъабнусгогIан чи къурбанлъун кканин, лъазабулеб буго БагIараб Хъанч абулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ.

Гьеб улкаялда ахIвал-хIал хIалуцана март моцIалда Селека абулеб радикалиял бусурбабазул гIуцIиялъ хIукумат тIаса рехун хадусала.

Гьелдаса нахъе гьез байбихьанин ГIисал диналъул гIадамазе зулму гьабизе. Гьенире рачIунел руго Франциялъул аскариял. Гьезул къадар I200 чиясде бахине буго. Гьадинаб хIукму гьабун буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ.

Жеги 3000 аскарияв гьениве витIизе вуго Африкаялъул Цолъиялъ.

Шамат къоялъ зулмуялъукьа ворчIи мурадалда лъабазаргогIан чи Централияб Африкаялъул Республикаялъул тахшагьар Бангиялъул аэропорталде веккерун ун вуго. Аэропорт цIунулеб буго Франциялъул аскарияз.