Америка разияб гьечIо Китаялъул хIукмуялде

Машрикъалъул-Китаялъул ралъдал бакIалда тIад Пекиналъ лъазабураб гьавадул хасаб зоналда бан Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица абуна, гьединаб хIукмуялъ тIолго регионалъе хIинкъи кьолеб бугин.

Китаялъул тахшагьаралда кIалъазе вахъарав гьес абуна гьелдалъун президент Барак Обамал администрациялъул рахIат хвезабун бугин.

Китаялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ жиндир иргаялда лъазабуна, гьадинаб къотIи гьабун бугин роржун унел аэропланал лъазари мурадалда ва гьеб халкъаздагьборкьосеб къануналде данде кколеб хIукму бугин.