ХIизбуллагь гIуцIиялъул бутIрузул цояв чIвана

ХIасан Хауло аль-Лакисил суратгун зигардулел ливаниял. 2013 соналъул 4 декабрь.

Ливаналда арбагI къоялъул къаси жиндир рукъалъул кIалтIаялда речIчIун чIван вуго ХIизбуллагь абулеб радикалиял шиитазул гIуцIиялъул бутIрузул цояв ХIасан Хауло аль-Лакис, ян лъазабуна рехсараб гIуцIиялъул вакилзабаз ва гьеб чIваялъул гIайиб ГIизраилалъул хасал хъулухъазде гIунтIизабуна.

2006 соналъул риидал ГIизраилалъул аскариязда ва ХIизбуллагь гIуцIиялъул къеркьохъаназда гьоркьоб багъарараб кьалда 1200 ливанияв чIван вуго, аслияб къагIидаялда – ракълилал гIадамал.

Гьединго доб кьалда 150 ГIизраилалъул аскариявги чIван вуго.