Дагъистаналъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго аслияб кIвар кьезе бугин росдал магIишат цебетIеялде. Гьеб хIалтIи гьабулаго гIемер дандчIвалел руго цохIо Дагъистаналъе гурони хасиятал гурел масъалабиян бицана гьал къоязда ХIукуматалъул нухмалъулев хисулев Шарип Шариповас. Гьединаблъун масъалалъун рикIкIунеб буго магIардаса лъарагIлъиялде гочун боцIи хьихьулеб къагIида.
Хаслихълъиялъул заманалда магIарухъа гIатIиракьалде боцIи гочула щибаб соналъ. Аслияб къагIидаялъ гьеб ккола мугIрузул районалда ругел магIишатазул боцIи.
Амма гочиялдалъул хIалтIи лъугIуларо, аслияб масъала буго гьезие хасел тIамизе гIатIиракьалъул мучIдузда шартIал чIезариян рикIкIунеб буго ХIукуматалъул бетIер хисулев Шарип Шариповас.
Тарумовка мухъалда букIараб дандчIваялда гьес бицана гIатIиракьалда ругел магIишатазул ва гьезда сверухъ рижарал росабазда аслиял масъалаби ругин гьезул гIумру-яшав гIуцIизе лъангутIиялда рухьарал.
ГIагараб заманалда пачалихъалъ кумек гьабичIони кватIичIого гьел ракьазда гIемерал социалиял, экономикиял, экологилъулал ва миллиял масъалаби гIезе ругилан бицана гьес.
Росдал магIишаталъул министр хисулев БахIарчиев Шамилица бицухъе, гIемерисеб бараб буго хасалил мучIдул ругел муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулез гьабулеб хIалтIуда.
Жинца нухмалъи гьабулеб мухъалда ругел росдал магIишаталъул идарабазе кумек гьабизе гьесухъе руго киналго ихтиярал ва ресал.
Бищунго захIматаб суал буго боцIи хьихьулел чагIазе, къануналда рекъон мучIдул хIалтIизари. Гьениб дандчIвалеб буго бакIалъулал нухмалъулезул квал-квалин абуна Бабаюрталъул мучIдузда хасало боцIи хьихьулев ЦIунтIаса ГIисаев МухIамадица.
Гьесул рагIабазда рекъон, магIурухъа рачIарал боцIухъабазе квал-квал гьабулеб буго бакIалъулаб нухмалъиялъ. «Киназего гIолел гьечIо ракьал, гьединлъидал ижараялъе босизе кколеб буго бакIалъулаздаса.
Амма мухъалъул нухмалъулез магIарулазе кьолел гьечIо ракьал, кьуниги кIудияб багьаги чIезабун хашал ракьал кьолел руго», - ян бицана гьес.
Жалго мухъазул нухмалъулез тIадехун рехсараб данделъиялда бицана боцIухъабаз ракьал хIалтIизарулаго къанунал ва къотIи-къаял хвезарулел ругилан.
ГIемерисеб мехалъ хасаб ракьул бутIаялда хьихьулеб буго бихьизабуралдаса цIикIкIун къадаралъ боцIи ялъуни болжал лъугIарабго эркен гьабичIого, ракьал салул авлахъалде сверизарулел руго.
Гьединаб масъала букIин тасдикъ гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе росдал магIишаталъул министерлъиялъул боцIи хьихьиялъул масъалабазул бутIаялъул нухмалъулев Идрисов ИбрагьимхIажица.
БоцIухъабазул ва бакIалъулал муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул гьоркьорлъабазда бараб букIуна гIемерисеб мехалъ магIишаталъул цебетIей.
Гьеб рахъалъ хIалтIи гьабулеб буго, гIагараб заманалда цо мухIканаб хIукмуялде рачIине ругоян тIадеги жубана.
Гочун боцIи хьихьулеб къагIида гьабсагIаталда аслияб къагIидаялъ нилъер республикаялъе хасиятаб пиша букIинги хIисабалде босун, Росдал магIишаталъул министерлъиялда цебе гIуцIун букIана гьединаб боцIухъанлъиялъул киналниги масъалаби роцIцIине гIуцIараб хасаб идара, «Гочун боцIи хьихьиялъул республикаялъулаб управление» абун цIар бугеб.
Гьелъул нухмалъулев МухIамадов ХIажияс Эркенлъи радиоялъе бицана гочарулел боцIухъаазе аслияб квал-квал гьабулеб бугин лъарагIлъиялда ругел муниципалиял гIуцIабаз гуреб, боцIи гочулаго нухда.
МухIамадов ХIажияв: «Киналго боцIухъабазда дандчIвалеб масъала буго боцIи гочулел нухал къай, къварид гьари. Хасавюрталда, мисалалъе, гочулеб боцIи ине рихьизарурал ракьал, гьенир бакIал ралел руго.
Араб соналъ ва исана гьенир машинаби речIчIун боцIи гъуриялъул хIужабиги рукIана.
ГIадамаца гьоркьоса къотIичIого гьенир цояз тукаби ралел руго, цояз бензил бичулел колонкаби лъолел руго, лъабабилез рукъзал ралел руго.
Гьеб масъала нухмалъулезухъеги щвезабун буго, амма жеги чIванкъотIараб хIукму гьелда хурхун гьабун гьечIо.
Гьеб гурони, роцIинчIеб, хIукуматалъ рагIалде бахинабизе кIолареб масъала цоги гьечIо, цоги рахъ квеш гьечIин абизе бегьула».
Цойги боцIухъабазе кIвар бугеб масъалалъун рикIкIунеб буго пачалихъалъ гьезие кумекалъе биччараб гIарац щвезе захIматго букIин.
БоцIухъабазул гIемерисез рикIкIунеб буго жидее кколеб гIарац росдал магIишаталъул министерлъиялъ гIураб къадаралда ва жиндир заманалда биччалеб гьечIин, квал-квалал гьарулел ругин, жидеего гIарац гъоркь теялъул мурадалда.
Гьелдаго цадахъ камулел гьечIо гьеб пачалихъалъ кьолеб гIарац щвеялъул мурадалда гьезего гьечIеб боцIи бугилан документалги гьарун гIарац босулел чагIигиян баян кьолеб букIана Дагъистаналъул прокуратураялъул сайталда.
Гьеб гIайиб гIунтIизабун уголовияб хIалтIи гьабун буго Болъихъ ва Лаваша мухъаздаса фермеразда тIад.