Джон Керри сапаралде вахъана

Джон Керри.

Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица сапар бухьулеб буго Европаялъул ва ГIагараб Машрикъалъул улкабазде.

ТIоцебесеб чIей гьес гьабулеб буго Брюсселалда. Дора данделъизехъин руго НАТО-ялъул улкабазул къватIисел ишазул министрал.

Гьоркьоб лъезехъин бугеб суал – Афгъанистаналда цадахъал ишал халат бахъинаби.

Керрил хиял буго хадуб Модовоялде ини, довасан гьев вачIине вуго Иерусалималде (Къудсалде) ва Рамаллагьалде.