Тегераналъ бихьизабулеб буго жиндирго ядерияб реактор

Халкъазда гьоркьосеб атомияб энергиялъулъул агентлъиялъ лъазабулеб буго, ираналъ Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул инспекторал 8 декабралда ахIулел ругин Арак шагьаралда бугеб бакIаб лъел ядерияб реакторалъул инспекция гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ Венаялда лъазабуна МАГАТЭялъул генералияв директор Юкия Аманоца гIуцIиялъул Нухмалъулезул мажлисалъул данделъиялда.

ГьатIан къоялда Женеваялда Ираналдаги анлъго асар кIудияб пачалихъалдаги гьоркьор рукIарал къалъа-басаязда гьабураб къотIи-къаялда рекъон, Тегераналъ анлъго моцIида жаниб чIезабизе кколеб буго цIикIкIараб даражаялъ бечелъизабулеб уран биччаялъул хIалтIаби ва Аракалда бугеб ядерияб объекталъул хIалтIи. Гьелъухъ Евроцолъиялъ рагIи кьолеб буго Ираналда хурхун лъазарурал цо-цо санкцияби рахъизе.