Сириялъул хIукуматалъ лъазабуна, жиб хIадураб бугин Сириялда конфликт рагIалде бахъинабиялда хурхараб халкъазда гьоркьосеб ракълилаб конференциялда гIахьаллъизеян.
Форум тIобитIизе планалда буго Женеваялда январалда. Конференциялда гIахьаллъизе букIиналъул хIакъалъулъ лъазабулаго, сириялъул нухмалъиялъ нахъ чIвана Башар Асад президентлъиялдаса инкар гьабиялъул халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъул ахIиял.
«Женева -2» кIалъа-басаял планалда руго тIоритIизе 22 январалда. Гьеб форумалъул гIахьалал рахъазул тIубараб сияхI гьанжеги гьечIо. Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, жиндир улка гьелда гIахьаллъизе бокьарал рахъазе цереккунисел шартIал рихьизариялде данде букIиналъул хIакъалъулъ.