Пакистаналда протесталъул гIахъалчагIаз нух къан буго


Пакистаналъул Хайбер-Пухтунхва провинциялда протесталда гIахьаллъулев нус-нус чияс ункъабилеб къоялъ къан чIезабун буго Афгъанистаналда бугеб НАТОялъул рагъулаб контингенталъе къваригIунеб юк баччулеб нух.

Блокадаялъул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб буго америкаялъул пилот гьечIого роржунел аппаратазул кьабиял чIезари.